Аслияб гьумералде

Ракълил къимат

Ракълил къимат

Ракълил къимат

ХIурматиял бусурбаби! КигIанго гIемер бицараб жо бугониги, цоги нухалдаги ракIалде щвезабичIого чIезе кIолеб гьечIо. Щиб гьебин абуни, жеги цониги нухалъ бицунеб рагIичIеб жо гуро гьеб. Гьеб буго жиндир хIакъалъулъ бицен гIемераб, гьелда гIамал гьаби мукъсанаб. Гьебги ккола нигIматазе шукру гьаби.

ХIурматиял бусурбаби! КигIанго гIемер бицараб жо бугониги, цоги нухалдаги ракIалде щвезабичIого чIезе кIолеб гьечIо. Щиб гьебин абуни, жеги цониги нухалъ бицунеб рагIичIеб жо гуро гьеб. Гьеб буго жиндир хIакъалъулъ бицен гIемераб, гьелда гIамал гьаби мукъсанаб. Гьебги ккола нигIматазе шукру гьаби.

Шукру гьабизе ккани, инсан валагьизе ккола жиндасаго квеш ругезухъ. Щайгурелъул, нигIматазда гъорлъ тIерхьарасда ракIалдего кколаро шукру гьабизе, жиндирго ургъелалги цере рехун, гьелда нахъаги вахчун чIола гьев.

Байбихьилин ракълилаб мехалдаса. Пикру гьабе, чан батIияб бакIалда бугеб тунка-гIуси, рагъ-кьал. Гьеб буго ахирзаманалъул гIаламатги. Цоцалъ рагъулездаги сундуе гIоло рагъулел ругелали лъазе гьечIин хъван буго тIахьазда.

ХIалуцараб хIал бугеб бакIалда дагьаб къварилъийищ букIунеб? Гьелде дандеккун нилъехъ бугеб парахалъиялъухъ шукру гьабизе ккеларищ! МагIишат гьабизе бугеб сахлъи, гьеб балагьизе ругел ресал. Балагье, дунялалда гIемерав чи вуго къасиялде кваназе жо гьечIел. Гьезде дандеккун нилъ битIахъе алжаналда гьечIищ?

Чанги бакIал руго магIишат гьабизе ресал ругониги, хIукуматалъул къануналъ ихтияр кьечIого захIмалъиялда ругел. Щивав чияс хIаракат бахъула хIакимзабазда ва хIукуматалда гIайибчIвазе. ГIайиб камурав чи вукIунаро. Амма нилъер бугеб рахIат лъазе ккани, къварилъиялда ругезухъ балагьизе ккола.

Гьаб заманалда кванил нигIматазул багьаби рахана. Гьелда сверухъ кIудияб къварилъи, ракIхвей загьир гьабулелги гIезегIан руго. Гьелъие гIайибиял ралагьулел, даранчагIаз ургъунго борхизабунин абулел камуларо. Амма хIалуцараб хIал бугел бакIазда кванил иш киндай бугеб? Гьелъул пикру гьабулищ нилъеца? Квен-тIех бугониги, берцинго гьелда нахъа гIодор чIезе кIолебдай? Дица щай гьаб гIемер такрар гьабулеб бугеб? Щайгурелъул гьединаб багъа-бачари бокьараб заманалда ва бокьараб бакIалда ккезе рес бугелъул. Гьединлъидалин нилъерго рахIатги бихьун, парахалъиги лъан БетIергьанасе шукруялда рукIине кколел.

«Нужеца шукру гьабуни, Дица нужее цIикIкIинабичIого теларо», - ян абураб Къуръаналъул аят гIемер такрар гьабула имамзабаз вагIзабазда. Амма нилъер хьвадиялде балагьани, иш гIаксалда кколеб буго. БугебгIан нигIмат берзукь чIолеб гьечIо. Дагьабниги къварилъи ккани, гьеб хIехьеларин лъугьунел руго. Гьединал ишаз нилъ рачине рес буго нигIматаздаса махIрумлъиялде. Гьелдаса захIматаб жоги бусурбабазе тIокIаб букIунаро.

НигIматал берзукь чIечIого «бубудиялъ» лъикIаб ахиралде рачунаро. Амма гьеб шукру щибгIагийилан ракIалде ккезе бегьула цо-цоязда. Гьеб буго, тIоцебесеб иргаялда, нигIмат нигIматлъун бихьи, гьелъие мукIурлъи. КIиабилеб иргаялда, гьеб нигIматалдаса бихьизабураб къадаралда, гIорхъолъа инчIого пайда босун хIалтIизаби. Лъабабилеб иргаялда, гьел нигIматал Аллагьасе гьабулеб гIибадаталъе сабабалъе хIалтIизари. Гьаб лъабабго къагIида цIунани, шукру гьабуразда гъорлъе ккун, нигIматал цIикIкIинариялде хьул Аллагьасде буго!

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...