Аслияб гьумералде

РакIчIей

РакIчIей

Дица малаикзабазда имам лъола, ай ракIчIезабула, гьел ТIадегIанав Аллагьас  рижарал, Гьесул рацIцIадал лагъзал ругин абун.

 

Жал кваналарел, гьекъоларел, бихьинлъи-цIулъи, гьава-нафс гьечIел, жал кьижуларел, ригьин гьабуларел, лахIзаталъ Аллагьасдехун гIасилъуларел, лахIзаталъ гIадада чIечIого ТIадегIанав Аллагьасе гIибадат гьабулел, Гьев рехсолел,  Аллагьас   амру  гьабурабщинаб гьабулел, жал хвезеги ругел, хун хадур Аллагьас  чIаго гьаризеги ругел, нуралдаса рижарал, зобал-ракьал цIурал, жидер рикIкIен  Аллагь гуресда лъаларел, батIи-батIиял суратазде сверизеги кIолел, ТIадегIанав Аллагьас жидее чIахIи-чIахIиял гьунаралги кьурал, жидер щивасе Аллагьас хасаб макъамги кьурал Аллагьасул  лагъзал ругин абун иман лъола. Гьел Аллагьасул ясал кколилан абулел гIадамал ккола, гIакъликъал, гIантал, капурал гIадамал. Гьелги нилъго гIадал Аллагьас рижарал, хвезеги ругел, хун хадур тIаде рахъинаризеги ругел  Аллагьасул  лагъзал ккола.

 

ХIабиб БухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...