Аслияб гьумералде

ЛъикIаб заманги бачIина

ЛъикIаб заманги бачIина
Къуръаналда буго хирияб аят,
ЗахIмалъигун цадахъ бигьалъи бугин.
Жакъа кьогlаб гlумру чlамизе ккунги,
Заман ун бичIчIула букIараб хIикмат.
ХIехьезего кIолеб гьечIин кканиги,
Сабруялъул кумек кибго батула.
Къварилъи букIа гьеб, балагь букIа гьеб,
Рахlманас квербакъун, хIурлъун сверула.
Аллагь дие гIела, Гьев вуго Вакил,
Жинда гьарарасе жаваб кьей хехав.
НигIмат Жинца кьолев, хвасар гьарулев,
Таваккал тIамурал рехун толарев.
РакI бекун гIодарал нахъе чIваларев,
ЖужахIалъул агьлу гурхIун тархъулев.
Мунагьал гьарурал, кигIанги хъубал
Жиндир рахIмуялъулъ тIерхьинарулев.
Тавбуялъул нуцIа рагьухъе трав,
Гьелда кIутIаразе хвасарлъи хIакъав.
Жиндир лагъзаздехун рокьи цIикIкIарав,
Я РахIману РрахIим, Мун тIаса лъугьа!

ХАДИЖАТ ХИЗРИЕВА

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...