Аслияб гьумералде

Аварагасде гьарурал цо-цо сиярал

Аварагасде   гьарурал  цо-цо сиярал

ГIахьалчIиса МуртазагIалихIажиясул мавлид

Щибаб рецц Аллагьасе иманалда ратидал,
Свалат Аварагасде исламалде ахIидал.
Иман-ислам малъизе расуллъун жив витIарав,
Гьев ХIабибуллагьасул рехсезин фазаилал.
ТІадегIанав Халикъас халкъ загьир гьабулелъул,
ТIоцебе загьирлъараб МухIаммадил хӀакъикъат.
Аллагьас хира гьавун халкъалде жив витIарав,
Жиндий гӀоло бижараб кинабгоги махлукъат.
ГӀаламалъе рахIматлъун РахIманас жив витIарав,
ТIаса унареб аман умматалье хӀакълъарав.
Кинабго гӀаламалъул гӀулумал жиндий кьурав,
ГIаршалде, Фаршалде щун жиндир цIар машгьурлъарав.
Цересел адяназе насихIлъун жив гьавурав,
Жиндир дин насху гьабун хадув расул витIичев.
Инжил-Тавраталдаги тасдикъ жиндий бачIарав,
Жиндир Къуръаналдехун къец гьабун бащалъичIев.
Аварагзабацаги жиндие рецц гьабурав,
Жив загьирлъилалдего гьелги жиндихъ урхъарав,
Гьесул замана бачIун чIаго нахъе ругони,
Гьесий квербакъилилан къотIи гьезулги ккарав.
Жив хиралъиялдалъун умматги хира гьабун,
ТIоцебе жиндир уммат алжаналъур лъугьунев.
Русулаца рисалат тӀобитӀун букIиналъе,
БатIаял умматазде уммат нугIзаллъун чӀолев.
МахIшаралъул агьлуялъ аман жинда гьарулев,
Аварагзабацаги василатлъун гьавулев,
КинавгӀаги инсанас нафси абулеб къоялъ,
Нафсиян абичIого умматиян абулеб.
Умматалда гурхIулев, хIажаталъув ватулев,
Жиндехун божи ккарав шафагIаталъ восулев.
ШафагӀаталъе изну Аллагьасда гьарулев,
Гьеб къоялъул къварилъи жиндалъун бигьалъулев.
Кавсаралъул лъиналде муъминзаби ахIулев,
Ливаалъул рагIдукье бокьанщинал рачунев.
Нилъей бугеб ургъел щиб, исламалъул жамагIат,
Щулияб рукнуялда квер базе щун букIаго.
Рохел кин гьабулареб киналго муъминзаби,
ТӀеялда хӀинкъи гьечIеб хӀаблу кквезе букIаго.
Мавлá я салли ва саллим даиман абадан,
ГӀала ХӀабибика хайрил халкъи куллигьим.
Саййид Адамидасан аслабаде накълулъун,
Эсул бацIадаб насаб ГIабдуллагьиде щвана.
ГIабдуллагьас ячарай, Бичас кӀодо гьаюрай,
Аминатил гьурмада гьайбатаб нур рештIана.
ГӀаламалъул хирияв рахIмуялъув хьихьана,
РахIматалъул Авараг ичIго моцIалъ ваччана.
Руччабазе букIунеб бакӀлъиги жинда лъачIо,
Цогидазе батулеб унтиги жинда хъвачӀо.
Барка дуе, Аминат, Аллагьас кьураб талихI,
Дуй гӀадинаб хазина цогиялъего кьечIо. 
ЖабрагIилас тӀаде пун, гьелдалъун хӀамиллъарай,
Марямиеги давла дуе гIадинаб щвечIо.
Адамил лъималазул эбеллъун йигониги,
Дуца гурони АхIмад ХӀавацаги гьавичIо.
Хирияв ТӀагьаясул талгIат загьирлъулелъул,
Загьирал гӀаламатал лъугьана дунялалда.
Эсул виладаталъе замана щвараб мехалъ,
ГӀажаибал ишалги рихьана эбелалда.
Данделъана гьелъухъе алжанул хӀурулгIинал,
ХӀазурлъана сверухъе зодосан малаикал.
ТӀалкъалъе къваригIуней къабилат йигониги,
Къавабилаллъун чIана рацIцIадал равхIаниял.
Дагьаб къечалъул асар Аминатиде щведал,
Шараб кьуна гьекъезе гьанжелъагIан бихьичIеб.
РахьгIан хъахIаб, гьуинаб, алжанул тIагIам бугеб,
ЦохӀо жинда хӀухьбани тӀолго нуралъул цIолеб.
Садафалда жанисан жавгьар лъугьунеб гIадин,
Эбелалда ургьисан АхIмад къватIив лъугьана.
Жавгьаралъул черхалда чуризе жо гьечӀого,
Жиндир нуранияб зат бакъ гIадин загьирлъана.
Эсие икрам гьабун, Аллагьасе рецц гьабун,
Гьанже тӀаде рахъинги рекъараблъун гьабуна.
Мавлá я салли ва саллим даиман абадан,
ГӀала ХӀабибика хайрил халкъи куллигьим.

Миякьоса шайих ГIумар-хIажи Зиявудинил мавлид

Авараг гьавидал лъугьарал мугIжизатал

РахIманасул махIбубас дунял берцин гьабуна,
Малайкзабигун зоб-ракь, рохел гьабун, кьурдана.
Эбелалда ургьиса АхIмад къватIив лъугьиндал,
Рихьана эбелалда гӀемерал мугӀжизатал.
ГӀаламатазда йиххун, Аминат гӀодой ккана,
Цо дагьаб мехалдасан гӀакълуялде ячӀана.
ХІуралгун малайкзабаз ун вуго АхIмад вачун,
ГӀаламалда вихьизе Бичасул амру бачӀун.
ХӀайранлъун, хӀисаб гьабун, зигаралда йикӀана,
КӀутIун хъахIаб накIкI бачIун, рукъалъул бокІнилъ лъуна.
Йохун, гурхІун Аминат АхIмадихъ ялагьана,
Сурма лъун, цIину къотIун, суннат гьабун ватана.
Къиблаялдехун вуссун, суждаялда речIчIана,
Аллагьасе рецц гьабун, кӀалъан килищ борхана.
Жавгьарул мацI багъарун цоги рагIи бицана,
ГӀин, кӀалалда аскӀоб ккун, эбел лъикI гӀенеккана.
Абулеб буго кӀалалъ, Аллагь, сужда Дуеян,
Хадуб гьарулеб буго уммат хвасар гьабеян.
Гьавигун умматилан Аллагьасда гьардарав,
Гьесул суннатал тезе нечоларев мун кинав.
Маккаялъул ханзаби щибго хилап гьечIого,
КагӀбаялда хъанчал ран тӀавапалда рукIаго,
ТӀохаб рахъ бехе гьабун Байталъ сужда гьабуна
Цоцин гамачI бортичIо, киназдаго бихьана.
ТІолгоязда рагIана КагӀбаялъ гьаракь гьабун,
Нужер хъанчал гъуризе АхIмад вачIанин абун.
КагIбаялъул бокIнаца цоцазе кьуна салам,
Къаси гьавунин абун МухӀаммад Хайрул-анам.
ХӀатIидагӀицІго рачIун, ботIрода жо лъечIого,
Дида тӀавап гьабила гьесул умматги бачун.
Нужей бокьун батани МухӀаммадил шапагӀат,
БитӀе нужеца гьесде гӀишкъуялдалъун свалат.
Мавлá я салли ва саллим даиман абадан,
ГӀала ХӀабибика хайрил халкъи куллигьим.

Гьигьалъа ХIусейнияв МухIаммадил мавлид

Рахьдал цӀо тӀагIинегIан эбелалда хахана,
Хадуб цо дагьаб мехалъ Сувайбатихъе кьуна.
Гьелда хадув хахизе ХӀалиматица ана,
Ятим вугилан абун цогидаз нахъе чІвана.
ХӀалиматил рукъ бакъун, къварилъи ккун рукIана,
ХӀабиб хахаралдаса хӀисабхун бечелъана.
ЦохӀо къоялъ гӀолаан цо моцIалъ лъимергIанав,
Лъабго моцIиде вахъун, щугоялде хьвадарав.
ИчІго моц тӀубалелде пасихIаб мацI кӀалъана,
КӀиго малаик вачӀун, керен ссун, ракI бахъана.
РакI чурун, бацIцIад гьабун, мугьру чІван, нахъруссана,
ХӀалимат гьесда хӀинкъун, эбелалде витIана.
Аминат къинай лъугьун, кӀиго моцI тамамлъана,
Мадиналде аралъув ГӀабдуллагь эмен хвана.
АхIмад гьавун ункъо сон дуниялалда бана,
Элда хадуй эбел хун, имгIаласухъе ккана.
Тамашалъи, хӀикмалъи, ХӀабибасул хиралъи,
Эбел-эмен гьечIого, адабалда ругьунлъи.
МугIжизатлъун гӀеларищ гӀадамазе харбие,
ГӀадамас малъичӀого ятим гӀалимлъун ккейи.
КӀалалъ, мацIалъ цIар ахIун, рагIалде бахъинаро,
ГӀаламалъго хъваниги хиралъи тIагIинаро.
ХъванагIан берцинлъулеб жавгьарул читӀиргӀадин,
Берцинлъула назмаби эсулъ халалъанагӀан.
Нилъер гӀакълу щолеб бакI гIадан вугилан аби,
ГӀаламалъул хирияв авараг  вугин аби.
Нужей бокьун батани жужахӀалдаса хвасарлъи,
ГӀишкъуялдалъун битӀе аварагасде  свалат.
Мавлá я салли ва саллим даиман абадан,
ГӀала ХӀабибика хайрил халкъи куллигьим.

Инхоса ГIали-хIажиясул мавлид

ГIинтIаме хабаралде, Мухтарасул баяналде,
Гьесул сипат-сураталде, свинго гьечIеб чирахъалде.
Гьесул къимат лъалареб къавм бецIлъун, гIодоб ккедал,
ГIадамал хIайранаб нургин мунго Алжаналде ине.
Бисмиллагь - Аллагьасул цIар, алхIамду – бацIцIадаб рецц,
КIиябгоги шартIалдалъун, кIалъазин дун низамалда.
Аллагьумма, ва дир Аллагь, салли васаллим ва барик,
Алфа-алфин тахIиятин МухIаммад аварагасда.
MaгIа алигьи агьлу булан, азважигьи васахIбигьи,
Ва табигIин ли нагьжигьи жинда нахъ рилълъараздаги.
Дир авараг МухIаммадун, жинда свалат-салам лъеяв,
ТIолго жиндир халкъалдаса Халикъасе жив хирияв.
Аллагьас халкъ бижулелъул, кIиго тайпа бижанила.
ГIарабилан, гIажамилан: гIараб тIаса бищанила.
ГIарабиязда жанибги тухум-тухум гьабунила,
ТIолгоязул тIаса месед МухIаммад аварагила.
Маккаялда жив вижарав, Мадинаялда вукъарав,
Жиндир лугби къараб ракьул къимат ГIаршалдасан бугев.
Къурайшияб тухумалъул, гьашимияб кьибилалъул,
ГIабдуллагь ханасул валад, Аминат бикал вас.
Давуд аварагасдаса жиндир бакъан цIакъ битIарав,
ЯгIкъубил Юсуфидаса жиндир сурат цIакъ берцинав.
Кьижунилан, квананилан какичури биххуларев,
Квананилан, гьекъонилан нур гуреб жаниб лъунарев.
Халалъи-къокълъиялдалъун сипат гьабун бегьуларев,
УнкъбокIонаб матIу гIадав ХIабиб МухIаммад авараг.
Ва МухIаммад-ХIабибуллагь, хIакъав Аллагьасул илчи,
Вугеванищ гьанже нахъе, хъулухъ гьабун, Алжан босизе.
Дуе хъулухъ гьабунани, Аллагьасе бокьулелъул,
Аллагьасе бокьанани, Алжан кьейги хIакъаблъидал.
Алжаналде хьул лъолеб жо гьанже нижер щиб букIинеб,
Мун цеве ун, нахъа хутIун, тIолго лъикIлъи тIаса индал.
РахIматалъул Аллагьасде хьулни нижер цIакъ букIунеб,
Хира гьавун, тIаса вищун, рехсезе мун ватунилан.
Хъулухъ гьабун Алжан босизе Авараг ватичIониги,
Гьесул мадаихIаздалъун босила фирдавус-алжан.
Алжаналде нухал лъолев, халкъалъе рахIмат бикьулев,
Аллагьасул хазиначи хирияв ХIабибуллагьлъидал,
Хирияб моцI тIерхьун индал, халкъалдаса баркат ана,
Халикъасде хIелхIедизин ХIабибасул баркат щвезе.
Ва, хирияв ХIабибуллагь, МухIаммадан Халилуллагь,
Аман, Аллагь, вугеванищ нижееги баркат щвезе.
Мунгун цадахъ гьалмагълъун чIун, дудаса черх кьойид гьабун,
Мун сверухъ лъугьун салат битIун, нижееги Алжан щвезе.
Дуда цадахъ хьвадаразе Алжаналъул рохел щвараб,
Мун гьечIого гьабун гIамал нижер къабул гьабиладай.
СубхIаналлагь - Аллагь вацIцIад, алхIамду - реццги Гьесие,
ХIабибасул сипат гьабун, рагIалде щолев гIадан щив.
ШагIирзабаз хIисаб гьабун, ХIабибасде ахIараб рецц,
Машааллагь, ХIабибасул хIикматаб гIелму букIараб,
РикIкIадасан балагьарав жагьилав чи гIалимлъулеб.
Цингиги гьев Хириясул берцинаб сурат букIараб,
Велъун бадив валагьани, гьурмал жанисан рихьулеб.
Бакъудаса хъахIаб сипат, моцIродаса цIураб гьумер,
Махлукъаталде баккараб, Аллагьасул гьайбатаб нур.
Биялдаса цIакъ багIараб, гIазуялдаса цIакъ хъахIаб,
Жиндир хирияб гьурмадул михъгин мегеж лахIчIегIераб.
ЧIегIерлъи-хъахIлъи бацIцIадал, багIарлъиялде жубарал,
ЦIакъ гургинал, гулла гIадал, гIатIидал берал рукIарал.
Балагьарал гIажизлъулел, гIанбарул горбоде щварал,
ГIундул гьоркьор тун тIамулел ботIрода гъалал рукIарал.
ГIалимзаби гIелму тIагIун, гIакъилзаби гIакълу дагьлъун,
Аллагь гурев хIайранлъула ХIабиб вихьараб мехалда.
Жиндир бицун мацI свакала, хIисаб гьабун ракI свакала,
Хъвадарун килщал свакала, кIвеларо сверухъ лъугьине.
Жавгьар гIадаб бугьнал лага, гьоркьоб бугеб хъахIаб мугьру,
Жаниб хъвараб чIахIияб хатI МухIаммадун Мансурилан.
ЦIураб габур, гургинаб бетIер, нур балеб бакъ гIадав,
МахIмуд, ХIамид, ХIашир, ГIакъиб, Сиражул мунир.
ГIатIидаб кIал, пасихIаб мацI, маргъал гIадал хъахIал цаби,
T1aca берал кьижаниги, кьижулареб жаниса ракI.
ТIеренаб, халатаб мегIер, хъвараб нун гIадинал кьунсрул,
Гьайбатаб, гIажаибаб жан, нилъер МухIаммад авараг.
ГIажаиблъи гьал гIадамаз, тамашалъи гьабулареб,
Жидерго гьав ХIабибасул хIисаб гьабун хьвадуларел.
КIиябго рукъалъул кIулал хIатикь лъурав ХIабибулагь,
Жив гуресул кIулаздалъун кIвеладай нуцIби рагьизе.
Жиндилъ рокьи гьабичIого, тIагIат гьабурал гIадамал,
Гьабунщинаб гьурмалъ речIчIун, Аллагьас басра гьарулел.

Багиниса ШугIайб-афандиясул мавлид

Аварагасухъе нубувват ва рисалат рещтIин

КIикъого сонги тIубан камиллъараб гIужалда
Халкъалъе рахIматлъун Аллагьас жив витIана,
Лъабго сон тIубазегIан Набиявлъун вукIана,
«Къум фа-анзир» рещтIиндал Расуласул таж лъуна.
Аллагьас анбияъаздаса къотIи босана
ХIабиб витIухъ гьавейин, гьесда иман лъейилан,
Жиндир умматалда гъорлъ гьел тIолалго лъугьана,
Бакълъун живги чIана, цIвабилъун гьелги ккана.
Анлъго моцI гIезегIан жо макьилъ вахIъю бачIана,
Гьелдаса хадув ЖабрагIил ашкаралда вачIана,
ВахIъю жиндихъ щвезегIан халват бокьулевлъун,
ХIираъалдеги ун, пикриялда вукIана.
Анкь-анкь балеб букIана, цин моцI балев вукIана,
Гьесие квен къачIалеб Хадижатид букIана.
Рамазан моцIалдаса анцIила анкьабилеб
Къоялъ ЖабрагIил вачIун, икъраъилан  абуна.
«Дун цIаларав гурилан» живги данде кIалъана,
Цинги дандеги къан, цIакъго къварид гьавуна,
Цинги батIа гьавуна, икъраъилан абуна,
«Дун цIаларав гурилан» жеги жаваб гьабуна.
«Цинги данде цIакъ къана, гIетI дидаса базегIан,
Цинги ваччан тана, икъраъилан абуна,
«Щибин дица цIалулеб?» лъабабизе абуна,
Икъраъ бисми Раббикайилан  тIубан цIалана.
«Дица гьебги цIалана», гьевги нахъе вуссана
Гьебги рукIелъ къарарлъун  мухIканаблъун лъугьана,
Хадижатихъе ана, гьелда хабар бицана,
«Дир нафсалда хIинкъана» абун гьелда кIалъана.
Калла ваЛЛагьи-л  абун, кIутIун тIаде яхъана,
Йоххиялъул асарал черхалда загьирлъана.
Кинго мун Аллагьасги басра гьавиларилан
Наби мун вугевилан, ракI паракъат гьабуна.
ЧIухIараб ретIел ретIун, Хадижатги яхъана,
ИмгIал Варакъатихъе йортун жийги ана.
Расуласда рицарал хабаралги рицана,
Къуддусун къуддус  абун живги данде кIалъана.
Мун йитIухъей ятани, Хадижатин абуна,
Дур МухIаммад, Намусун Акбар  вугин бицана.
Гьаб умматалъул Наби гьев вугилан абуна,
Жиндирго амруялда цIакъ чIа абе абуна.
Хадижат нахъюссана, Расуласухъе щвана,
Варакъатид абураб калам гьесда бицана.
Цинги Авараггун Варакъат данделъана,
Дуда бихьун-рагIараб, дида бице абуна,
Набил хабар бицана, Варакъатги гьедана,
Гьаб умматалъул Наби мун вугилан кIалъана.
Духъе вачIарав чиги Намусун Акбарилан
Мусада нахъвитIарав, гьевги мун вугевилан.
Мун гьереси гьавила, дуе зарал гьабила,
Дудехун рагъ гьабила, мунги къватIив ахIила,
Аман дун бахIаравлъун, гьеб мехалъ вугевани,
Дица цIакъ кумек гьабун, мун кIодо гьавилаан.
Цинги Варакъат вахъун, ботIрода убач гьабуна,
Нужей бокьун батани ШафигIасул шафагIат,
Гьесде салават битIун, кидаго гьабе тIагIат.

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Суал-жаваб

Шукруялъул сужда кида гьабулеб? Щукруялъул сужда гьабизе суннатаб буго. Гьебги гьабула циндаго ракIалда букIинчIеб бакIалдаса нигIмат тIаде бачIиндал яги жиндаса балагь нахъчIвайдал. Гьединго, суннатаб буго шукруялъул сужда гьабизе квешаб унти бугев яги балагьалде ккарав чи вихьидал, Аллагьас I...


Килдерил гIолилазул ифтIар

Гумбет районалъул Килялъ росдал гIолохъабаз МахIачхъалаялда тIобитIана ифтIаралъул сордо. Тадбиралда гIахьаллъи гьабуна районалъул имамзабазул советалъул председатель МухIаммаднур МухIаммадов, росдал имам ГIабдула СултIанов ва цогидалги. ГIалимзабаз ва имамзабаз гIолилазул суалазе кьуна жавабал,...


Къо-мех лъикI Рамазан…

ХIурматияб диналъул агьлу. Гьале исанаги рамазан моцI ана нилъедаса. ТIасияб соналде щвезегIан тIокIаб гьеб бихьиларо. Амма нилъер рес бугоха рамазаналъ гьабулеб букIарабго гIамал, щибго ками ккезе течIого, тIасияб соналъги гьеб бачIинегIан цIунизе.   Хадусеб соналъ щиб букIинебали лъидаго...


Наркотиказде данде

ЛъаратIа районалда, диниял хIаракатчагIазул квербакъиялдалъун, тIобитIана школлъималазе наркотиказда данде къеркьеялъул бицунеб дарс. Гьединаб мурадгун Гъараколоб росдал школалде рачIун рукIана ДРялъул муфтияталъул ЛъаратIа районалда бугеб лъай кьеялъул управлениялъул ва «Инсан»...


НуцIби рагьун рукIаго, гIедегIе

ГIадамаз гIемер ракIалде щвезабула жидерго гIолохъанлъи. Гьел ракIалдещвеял гвангъарал ва рохалилаллъун рихьизе бегьула гIолохъанлъи нилъер къуваталъул ва чIаголъиялъул цIураб мех букIиналъ.   Амма гIолохъанлъиялъул щибаб ракIалдещвеялъ гуро рохел кьезе кколеб. ГIолохъанлъи мунагьазулъ ва...