Аслияб гьумералде

Шамил районалъулазе щвана бергьенлъи

Шамил районалъулазе щвана бергьенлъи

Дагъистаналъул муфтияталъул нухмалъиялда гъоркь, мугIрузулаб округалда гъорлъе унел районазул имамзабазул, «Инсан» фондалъул хIалтIухъабазул, «Ас-салам» казияталъул вакилзабазул, муфтияталъул рухIияб лъай кьеялъул нухмалъулезул командабазда гьоркьоб тIобитIана волейбол хIаялъул рахъалъ къец.

Гьениб гIахьаллъи гьабуна 12 командаялъ. ХIаял унел рукIана кIиго моцIида жаниб, щибаб командаялъул майданалда. Финалиял хIаял гьаруна Хунзахъ росулъ, Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб спортивияб кIалгIаялда ва хунздерил гIисинал гIолилаз рихьизаруна спортивиял гьунаралги.

Финалиял хIаязда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил Шамил ГIалихановас, муфтиясул кумекчи Идрис Асадулаевас, Хунзахъ районалъул бетIерасул кумекчагIи Шамил ГIисаевасгун ХIамид ГьитIиновас ва Хунзахъ росдал бегавул Хизри ТIалхIатовас. Гьалбадериегун гIахьалчагIазе чIезабун букIана хинаб квенги. Турниралъул хIасилалда финалалде рорчIана Шамил ва ЛъаратIа районалъул командаби. ХIалуцараб хIаялъул хIасилалда, бергьенлъи босана Шамил районалъул имамзабазул командаялъ. Лъабабилеб бакIалъе хIана Унсоколо ва ГIахьвахъ районазул командаби ва бергьана гIахьвалазул команда.

Бергьаразе кьуна медалал, грамотаби ва гIарцулал сайгъатал. Масала, тIоцебесеб бакI ккураб командаялъе щвана 60 азарго гъурщил сертификат.

Гьал къоязда ХIебда росулъ тIобитIараб генерал Танкаевасул цIаралда волейболалъул турниралда, Шамил районалъул бетIер МухIамад ХIасановас имамзабазул команда кIодоги гьабун, гьезда бергьенлъи баркана ва гIарцулаб шапакъатги кьуна.

ГIАБДУЛХIАМИД ХIАДЖИЕВ, ШАМИЛ РАЙОН, ЗИВУРИБ РОСУ.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...