Аслияб гьумералде

ЛъабгIаркьелаб гъветI

ЛъабгIаркьелаб  гъветI
Инсанасул гӀумру - лъабгӀаркьелаб гъветӀ,
Лъабабго бутӀадулъ батӀалъи бугеб.
БутӀабазулъ бугеб лъабгоялъулги,
Лъабабилеб цо-цо цадахъ камураб.
ТӀоцебесеб бутӀа буго лъимерлъи,
Лъаралъе жубалеб иццул лъим гӀадаб.
Лъарлъун гӀедегӀулеб гӀурулъе щвезе,
ГӀанчӀлъиги чӀухӀараб, чӀахъен камураб.
КӀиабилеб бутӀа - бахӀараб гӀумру,
Бекерун, гӀедегӀун гӀорлъун чвахулеб.
ГӀарацги къуватги къойил цадахъаб,
Къоял зунун унеб, заман гӀолареб.
Лъабабилеб бутӀа - гӀумрудул херлъи,
ГӀорлъун ралъдалъ жубан, жаниб лъалхъараб.
Жиндилъ заманаги чӀахъенги гӀураб,
ЧӀаголъи черхалъул чурхъун лъугӀараб.

САГӀИД ОРДАШОВ, ИЧИЧӀАЛИ РОСУ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...