Цоги аманат
Аллагьас ﷻ аманат гьабун кьуразул цояб буго чиясул сахлъи, къаркъала. Диналъги чи ахIула аманат гьабураб цIуниялде. Сахлъи цIуни ккола аманат гьабураб тIубазаби гуребги, чиясул гIумру сах-саламатаблъун букIиналъе сабабги. Аманат абураб жоги ккола нилъехъе кьураб жо кьураб куцалда нахъбуссинаби. Гьелъ, черхги нилъехъе щвараб къагIидаялда, сах-саламатго цIунизе ккола, чIаго ругебгIан заманалъ.
Амма нилъер гIадамазул, хасго магIарулазул бугеб гIадат буго сахлъиялда хадуб халккунгутIи, унтун рагIалде щвараб мехалъ гурони тохтурзабазухъе унгутIи. Хирияб хIадисалда Аварагас ﷺ абулеб буго: «Аллагьас ﷻ унтиги гьелъие даруги биччан буго», - абун (АхIмад). Дару биччан бугин абуралдаса нилъеда бичIчIизе кколебги буго, унтидал сахлъи гьабизе кколин абураб жо. Нилъее бегьулареб жолъун ккола кинабго Аллагьасул ﷻ кверщаликь буго, дару-сабаб хIалтIизабизе гьечIин аби. Гьелъул гIаксалда, дару балагьи ккола тIадаб жо. Аварагас ﷺ абун буго: «Дару балагье, я Аллагьасул ﷻ лагъзал», - абун (Абу Давуд).
Нилъер диналда сахлъи цIуниги ккола кIвар цIикIкIараб аслу.
Гьебги хIажат букIуна букIине кколедухъ Аллагьасе ﷻ гIибадат гьаби бажаризе (рахъун чIун, гIодор рукIун, къулулел-рорхулелъулъ); лъимал- хъизамалъе хIалалаб магIишат балагьизе; лъай тIалаб гьабизе, лъараб цогидазда малъизе, лъикIал гIамалал гьаризе.
Гьалаглъиялде тIамуге
Аманат гьабун кьураб гьалаглъиялде бачин ккола заманалда гьелда хадуб хъаравуллъи ккунгутIи. Аллагьас ﷻ хирияб Каламалда абун буго (магIна): «Нужеца нужерго напсалги (яги цояз цоялги) чIваге, хIакълъунго, Аллагь ﷻ нужеда гурхIулевлъун вуго» (сурату «Ан-Нисаъ», 29 аят). Гьаб аяталъулъ гIемерисел тафсирчагIаз баян кьун буго, гьукъун бугин живго жинцаго ва гьединго цогидав чIвай гуребги, хадурккун жал квешаб хIалалде рачунел: хъалиян цIай, хIарамаб жо гьекъей, наркотикал гIадал жал хIалтIизари, цIикIкIун кванан яги унтиялде кIвар кьечIого живго жинцаго хвезавиялъул бицен бугин абун.
Сахлъи цIуниялъул рахъалъ Аварагас ﷺ рехсарал гIемерал малъа-хъваял руго, жидер гIемериселги гIелмуялъ пайда гьабулел ругин абун ритIухъ гьаруна. Гьес ﷺ рехсей гьабуразул цо-цояздасан ккола:
- Кванилъ гьоркьохъеб хIал цIуни.
ХIадисалда буго: «Адамил лъимералъ чехьалдаса (кваналеб жо жаниб бан) квешаб гъамас цIезабичIо. Гьесие гIей гьабула кIиго-лъабго кесекалъ, мугъ битIун чIезабизе. Амма гьедин кванараб жоялъ гIей гьабуларевлъун гьев ватани, гьес кванирукъалъул цо бутIа цIезабейин абе кванидалъун, кIиабилеб тейин абе гьекъолеб жоялъе, лъабабилеб - хIухьел цIаялъе», - абун (АхIмад, Тирмизи).
Рехсараб ва цогидал хIадисаз нилъ ахIула квана-гьекъеялдалъун чехь цIезабулеллъун рукIунгутIиялде. Черхалъе пайдаяб бугин абун, жакъасеб къоялъ цо-цо бакIазда машгьурлъулеб буго зама-заманалдаса ракъун чIей. Амма, хIисаб гьабидал, гьеб буго Аварагасул ﷺ суннаталъун бугеб гIамал, Авараг ﷺ вукIаралъул итни-хамиз гIадал къояз кIал кколев. Къад заманалда кIал ккуниги, гьеб биччалелъул гIорцIизегIанги гьев ﷺ кваналароан.
- РацIцIалъи цIуни.
РацIцIалъи цIуни буго сундуего дару, унтабаздаса сахлъи, иман. Гьелъие бищун кумекаблъун гьечIищ какичури? Къойил щуго нухалъ какичури гьабиялъ тIабигIияб куцалдаго цIунула заралиял бактерияздаса. Гьединго малъана Аварагас ﷺ малъал къунцIизе гьезда гьоркь чороклъи тунгутIизе, халалъун рас чорхол бакIазда тунгутIизе, жинсияб гьоркьоблъи гьабун хадуб бакIал чуризе, сивак хIалтIизабизе.
Машгьураб хIадисалда буго: «РацIцIалъи иманалъул бащалъи ккола», - абунги (Муслим).
- Чорхол багъа-бачари ва тирха-кIичараб яшав гьаби.
Гьеб хIал черхалда цIунулеблъун буго спорталде жура-гъурай, радал-къаси бацIцIадаб гьаваялда рилълъанхъи, какде мажгиталде хьвади. Аварагас ﷺ ахIулаан лъим ххазе лъазабиялде, чIорбутIалдаса речIчIизе ругьунлъизе, чода рекIине.
Дару хIисабалда рухIиял гIамал-хасиятал
Исламалъ батIа гьабуларо рухIияб сахлъи чорхол сахлъиялдаса. Гьеб бутIалъун ккола:
- Къуръан ва стресс.
Аллагьас ﷻ абулеб буго (магIна): «РекIел хIал кколарищ (гIодобе биччаларищ) Аллагь ﷻ рехсеялдалъун?» - абун (сурату «Ар-РагIд», 28 аят). Къуръан цIали ва гьеб лъазаби рикIкIуна Аллагь ﷻ рехсеялъул бищунго тIадегIанаб ва тIубараб къагIидалъун. Къуръан ккола Аллагьасул ﷻ бижичIеб, ракIал гIодоре риччазарулеб, нух бихьизабиялъул цебехъан, рухIал сахлъизарулеб Каламлъун. Зикруялда гъорлъе уна дугIа, тасбихI гIадал цогидалги гIамалал, амма тIоцебесеб бакIалда бугеблъун рикIкIуна Къуръан. Къуръаналъ инсанасда гьоркьоса къотIичIого ракIалде щвезабулеб букIуна Аллагьасул ﷻ, Гьесул сифатазул, Къиямасеб къоялъул ва гIумруялъул рукIа-рахъиналъул.
ЦIунараб (хроническияб) стрессалъ загIиплъизабула иммунитеталъул гIуцIи. Къуръан цIалиялъ, гьеб лъугьине толаро ва парахатаб хIал цIунула чорхолъ.
- Заманалда кьижи.
Авараг ﷺ кьижизе вахунаан заманалда ва какулаан хIажалъи гьечIого сардилъ свери. Гьанжесеб гIелмуялъ ритIухъ гьабун буго клеткаби цIигьариялъул жавабчилъи тIаде бегараб мелатонин абураб гормон лъугьунин заманалда кьижиядалъун. ТIарикъаталъул устарзабазги кантIизарула заманалда кьижизе кколеблъиялде. Заманалда регизе рахиналъ кумек гьабула сардилъ как базе тIаде рахъиналъе ва заманалда рогьалил какде ригьиналъе, гьединго, гьелъ баракат бачIинабула гIамалалъулъ ва сахлъиялъулъ.
Унтиялъулъги сабру
Сахлъи цIунулеб бугониги унти биччалевлъун БетIергьан Аллагь ﷻ вугелъул, унтидалги букIине ккола чиясул сабру, зигардунгутIи, унтиги бугелъул ТIадегIанасул ﷻ саламлъун. «Кинаб хIикматаб бугеб муъминчиясул хIал! Гьесул щибаб гIамал цIоблъун буго... Рохел тIаде ккани, гьес щукру гьабула, цинги гьебги гьесие лъикIлъилъун лъугьуна. Пашманлъи тIаде бачIани, гьес сабру бихьизабула ва гьебги лъикIлъилъун букIуна», - абураб хIадис буго хирияв Аварагасул ﷺ. Гьелъ, бичIчIизе ккола дару гьаби нилъедаса бугониги, хIасил кьей Халикъасул ﷻ амруялда бараб букIин.
Цо-цо малъа-хъваял
- Къо байбихье сивак хIалтIизабиялдалъун. Беццараблъун бихьизабураб буго бусадаса рахъун хадуб дагьабго хинаб лъим гьекъезеги.
- Ракъараб мехалъ гурони кванангутIи. Кваналелъулги гIорцIизегIан кваназе лъикIаб гьечIо.
- Цо кваналеб хIалалъулъ чанго батIи-батIиял квенал журазарунгутIи. Кваналелъул Аварагасул ﷺ гIемерисеб мехалъ букIана лъимгун цадахъ чамасдак яги пурчIинадул чед.
- Зама-заман бихьун хIижама гьаби. Аварагас ﷺ абун буго: «Нужее сахлъи гьабулелъул бищун лъикIаблъун буго хIижама гьаби», - ян (Бухари).
- ЧIегIераб мучари хIалтIизаби. Гьеб буго сундуего дару. «ЧIегIераб мучариялъулъ буго, хвалдаса хутIун, цогидал унтабазе дару», - абун буго хIадисалда (Бухари).
Гьабе дарулъун бугеб хIалтIизе, тIадчIей гьабе черхалъе ва сахлъиялъе пайда бугелда, унтидалги, рагIалде щвезегIан течIого, дару тIалаб гьабе!