Аслияб гьумералде

Баркалаялъул калам

Баркалаялъул калам

Дагъистаналъул гуманитарияб институталъул выпускниказ загьир гьабулеб буго ракI-ракIалъулаб баркала киналго мугIалимзабазе чанго соналъ нижер гьабураб агъазалъухъ, лъай кьуралъухъ, нух малъаралъухъ.

 

Нужер унго-унгояб гIелмияб лъай, сабру ва нижеде букIараб ракI-ракIалъулаб бербалагьи, гьадинго, бихьизелъун гуреб, щулияб кьучIлъун ккана нижер лъаялъул кьучIалъе. Щвана унго-унгояб лъай гуребги, махщел, гьунар, цIалуде рокьи.

РакI-ракIалъулаб баркала буго институталъе цебехъанлъи гьабулев Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандиясе, гьенир гьарун ругел санагIалъабазухъ, студентазе чIезарун ругел ресазухъ.

Гьениса ниж унел руго лъикIаб асаргун, нижеда ракIалда кидаго букIина гьенир цIаларал сонал.

Адабгун, магистратуралъул выпускникал (ДГИ ЗФО, 2024 сон).

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...