Аслияб гьумералде

Баркала, тохтурзабазе

Баркала, тохтурзабазе

Щивав чиясе бокьула лъикIлъиги, адабги, гIаданлъиги. Амма киназухъаго гуро гьел хасиятал жиндилъго ругеллъун рукIине бажарулеб. Нилъго загIиплъиялде ккараб заманалда лъикIал гIадамаздаса нилъее дагьабниги кумекги гурхIелги щвани, нилъ цIакъ рохула.

 

РекIел унтиялъ кIвекIун чанго нухалъ дун егизе ккана Порталъулаб больницаялда. Дун йиго цIикIкIарай гIадан, гIумруялда жанир рихьана гIемерал захIмалъаби. Амма гьеб больницаялда ратарал тохтурзабаздасаги гьелъул хIалтIухъабаздасаги разиго хутIана. Аллагь разилъаги гьел киназдасаго.

«Ас-салам» казият гьоркьобккун бокьун буго дие загьир гьабизе ракI-ракIалъулаб баркала гьенир хIалтIулел тохтурзаби: ГIумаров МухIаммадхание, ГIабдуллагь МухIаммадовичасе, неврологиялъул отделалъул нухмалъулей Зарема Сиражудиновалъе, Индира Къурбановалъе, СагIидова Заирае, Калимова Фатимае.

Гьел ратана унтаразул мурад тIубазе кидаго хIадурал, яхI-намус бугел, берцинаб калам гьабулел, хIеренаб ракI батизабун рагIи абулел унго-унгоял тохтурзаби.

Аллагьас нуж, тохтурзаби, гьареги бищун лъикIаздаса. Кьеги нужее щулияб сахлъи, гъваридаб иман, кIиябго рокъоб рохелгун икъбал.

 

ГIайшат МухIаммадова,

Ленинкент поселок

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...