Аслияб гьумералде

ХIалтIун щвараб гIарац хIалалай

ХIалтIун щвараб гIарац хIалалай

Гьал къоязда Гъуниб КЦСОНалде рачIарал кагътазда Хьиндахъ росулъа 85 сонил ригьалда йигей тIоцебесеб группаялъул инвалид Къебедова ПатIиматица ва 67 сонил ригьалда йигей Ибрагьимова ПатIиматица КЦСОНалъул нухмалъулей ГIалибекова Заремае баркала загьир гьабулаго, бихьизабулеб буго гьелъул тIалабалдалъун социалиял хIалтIухъабазул унтараздехун, хераздехун бербалагьи кьучIдасанго хисанин, церегIадин гуреб гьезул рачIин разияб, щибго чIухIи гьечIеб бугин, херазул ракI парахат гьабулел кIалъаял гьарулин.

Гьединазул мухъилъ араб соналъул октябрь моцIалдаса нахъе йиго ХIиндахъ росулъа социалияй хIалтIухъан ГIабдулаева ПатIиматги. ЦIияй хIалтIухъаналъ къокъабго заманалда жаниб социалияб рахъалъ кумек хIажатазда хадуб гьабулеб бугеб ракI унтараб, жавабияб бербалагьиялъ, кIияйго ПатIимат гьесизаруна ГIабдулаева ПатIиматил хас гьабун рехсей гьабизе.

Жиндирго жавабчилъиялда ругел анцIго херазухъе, ресукъазухъе, инвалидазухъе, кинабго рехун тун, чIезабураб графикалда рекъон гьей щола ва киназулго мурад тIубан гурого тIадюссунаро. ПатIимат ячIуна разиго, сундаса байбихьилеб, щиб гьабизе бугебин цIехолаго.

ПатIиматица гьабулеб хIалтIулъ беркъай, тасамахIлъи, бокьунгутIи букIунаро. Щибго чIухIичIого рокъоса, азбаралдаса ва цогидаб бакIалдаса бакIарараб кьищни-къул мугъзада бан хасаб бакIалде щвезабула.

Жинца гьабизе кколеб хIалтIи гурин, херазул гьари киданиги нахъчIваларо. Гьелъул гIаксалда, щиб жеги гьабизе ва тIубазе хIажатабилан цIехола ва ракI унтун, мухIканго хIалтIиги гьабун уна. КигIан нечаниги, херазги гьелъул недегьлъиялдаса пайда босула.

ПатIиматица гьабулеб тIалаб-агъазалъ руччабазда гьей яслъун йихьула. «Лъимал щвечIо дие, яс щвана дие, сабруяй, хIеренай, гIамал берцинай», - абун хъван буго кагътида Ибрагьимова ПатIиматица. Хадубго хераз хас гьабун кочIол мухъаздалъунги рехсей гьабулеб буго ПатIиматидаса жидерго бугеб разилъи.

Херал, унтаразул гьари гIамм гьабун,

Баркала кьун калам хъвалин кагътида.

Къойил хIажатазе хIалай ятулей,

ХIалтIухъан рехселин мисаллъун ккезе.

Недегьаб каламалъ, камилаб хIалтIуд,

Киналго чIахIиял рази гьаюлей.

Чорхолъ чIухIи гьечIей, гьумер разияй,

Ургьиб ракI боххула мун йихьун хадуб.

Баркала, хирияй, нижер тIалабал,

Умумузул гIадин тIуралей дуе.

Щулияб сахлъигун халатаб гIумру,

Даимлъаги дуе гIумрудул нухда.

Дур берцинаб кIалъай - херазе дару,

Унтаразе рохел - лъикIаб балагьи.

ХIалтIиги мухIканай, квер меседилай,

Аллагь разилъи дуй кIиябго рокъоб.

Росдал имамасул лъадуда

лъикI лъала хIалтIун щвараб

гIарцул хIалаллъи хIалтIи гьабуразул разилъиялда бараб

букIунеблъи.

ГIУМАР ГIУМАРОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...