Аслияб гьумералде

Мунагьазул эбел

Мунагьазул эбел 

Мунагьазул эбел

Жакъа гIадамазда гьоркьоб цIакъго машгьурлъараб, чIахIиял мунагьазул цояблъун ккола хамр гьекъей. Хамр абураб рагIиялъ щвей гьабула, кинабниги гIакълу хисизабулеб жоялде, кинаб тайпаялъул гьеб батаниги.

 

Свалат-салам лъеяв Аварагас абулеб буго: «Кинабниги гIакълу хисизабулеб жо хамр буго, кинабниги хамрги хIарамаб буго», - ян. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ сурату «аль Маидаталда» абулеб буго: «Ле, иман лъурал гIадамал! ХIакълъунго, кинабниги гIакълу хисизабулеб жо, лаззат щолел хIаял, хъанчал ва чIораздалъун пал тIами, щайтIаналъул гIамал буго, нуж гьездаса рикIкIалъе, Аллагьас нуж битIараб рахъалде тIоритIила», - ян. Хадубги, БетIергьанас абулеб буго: «ХIакълъунго, щайтIаналъе бокьун буго гIаракъи гьекъеялдалъун, лаззат щолел хIаял хIаялдалъун нужеда гьоркьоб тушманлъи ва ццим бахъин бекьизе, гьединго, гьелъие бокьун буго нужеда Аллагь рехсейги, как байги кIочене», - ян.

ГIемер гьекъеялдалъун гIакълу хисулеб жоялъул, цо къатIра гьекъезеги хIарамлъула. Гьекъезе кин хIарамлъулареб, гьекъолесда аскIов гIодов чIезецин шаргIалда нахъчIван бугеб мехалъ. Хирияв Аварагас ﷺ абулеб буго: «Щив чи вугониги Аллагьасдаги ﷻ, Къиямасеб къоялдаги иман лъолев, гьесда абе, мехтел тIад бугеб столалда нахъа гIодов чIоге», - ян. Цогидаб хIадисалда хирияв Аварагас ﷺ нагIана кьуна гIаракъиялда хурхен гьабурал киназего. БатIалъи гьечIо: гьеб бахъулев, босизе тукаде арав, гьелдаса хайир босулев, гьекъолесда аскIов гIодов чIарав ва гьел гурелги.

Байгьакъияс бицараб хIадисалда буго: «ГIадамазул лъабго тайпа буго Аллагьас жидер бараб какги къабул гьабуларел, лъикIаб гIамалги зобалазде борхуларел: лъутарав лагъ, жиндирго бетIергьанасухъе вуссинегIан, росасул ццим бахъарай чIужугIадан, гьев гьелдаса разилъизегIан, мехтарав чи, вигьун рукIалиде вачIинегIан», - ан.

Жинда Аллагь ﷻ разилъаяв Къатадатица бицараб хIадисалда буго: «Ункъо чи вуго жидеда алжаналъул махIцин чIваларел: цIакъго къарумав чи, мацIихъан, гIаракъи гьекъеялда тIад чIарав чи, эбел-инсуе гIакъуба кьолев чи», - ян.

Асбагьанияс хъвалеб буго: «Щив чи вугониги мехтун вукIаго дунялалдаса ватIалъарав, гьев хабалъеги мехтун лъугьуна, къиямасеб къоялъ хабалъа къватIивеги мехтун вахъуна. Цинги, Аллагьас амру гьабула гьев жужахIалъуве рехеян». Абугьурайратица бицараб хIадисалда буго: «Инсанас зина гьабулеб мехалъ, гьес гьеб гьабуларо рекIелъ иманги букIун, гIаракъи гьекъолеб мехалъ, гьеб гьекъоларо рекIелъ иманги букIун, цIогьорас бикъа-хъами гьабулеб мехалъ, гьеб гьабуларо, рекIелъ иманги букIун», - ан. Гьелъул магIна ккола гьал мунагьал гьарулеб мехалъ, Аллагьас ﷻ гьесул рекIелъа иман нахъе босулин ва гьеб хIалалда Аллагьасул ﷻ къадар щвани, хвалда мекъи ккеялда хIинкъи бугин абураб.

Аллагьас ﷻ  тавпикъ кьеги къабихIаб мунагьалдаса рикIкIалъизе.

 

Исрафил МухIумаев

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...