Аслияб гьумералде

Сабру тIагIин буго балагь

Сабру тIагIин буго балагь

Кинаб бугониги балагь бачIиндал, нилъеда ракIалде ккола гьабунщинаб гIадада хванин, дица щиб гьабилебин абун, сабру тIагIуна.

 

Гьеб буго мекъаб пикру, гьединаб лъугьа-бахъиналда сабру гьабун чIезе ккола. Сабру гьабиялъулъ буго инсанасул къуват, бусурбанчиясул иман. Балагь бачIиндал, гьелъ ракI бакъвазабун гIодунин абун щибго къварилъи гьечIо, ракIалдалъун нилъ Аллагь ﷻ разияб нухда ругебгIан мехалъ. Аварагас ﷺ абураб кинниги: «Берал гIодула, ракI къварилъула амма нилъеца гIицIго Аллагь ﷻ разияб калам гьабила», - ян.

Гьединаб лъугьа-бахъин ккедал Аллагьасулгун ﷻ хурхен щулаго ккун, хIукмуялда разилъун, Аварагас ﷺ малъаралда нахъ рилъун чIела.

Аварагас ﷺ абулаанин абун Абу-Гьурайратидасан Тирмизияс бицана: «Бусурбабазде, гьезул боцIи-малалде, наслуялде тIаде рачIунел хIалбихьиял къотIуларо, гьез Аллагьасда ﷻ мунагьаздаса рацIцIадаллъун дандчIвай гьабизегIан».

«Лагъасе лъикIлъи бокьидал Аллагьас ﷻ гьесие гьанибго гIакъуба гьабула, квешлъи бокьидал - Къиямасеб къоялде нахъбахъунги тола».

 

 

Мажид ГIабидов

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Тохав чиясул нух

Абу-Гьурайратидасан Бухарияс бицараб хIадисалда аварагас ﷺ абулеб буго: «Аллагьас ﷻ абуна, щив чи вугониги дир валиясе зарал гьабун (жинца гьев тушманлъун ккун, гьесда ццим бахъун), дица гьев чиясда рагъ лъазабула», - ян. Жинда Аллагь ﷻ гурхIаяв Факигьанияс абуна: «Щив чи вугониги...


ГIибадат гьабизе рес

ХIурматиял бусурбаби, гьале тIаде щвана хаслихълъиялъул къоял. БагIарараб рииги тIаса ун, гьогьомиялъ кверщел гьабуна ракьалда. Гьайгьай, сордоги кIодолъана, къоги саламатго гьитIинлъана. ГIибадат гьабизе заманги лъикIаланго эркенлъана.   БагIарараб риидалил гьитIинаб сордо бугеб мехалда...


Жиндаго тIад хIалтIи

Нилъеца гьарулел гIамалал ритIарал ругищали яги чиядехун гьабулеб гIамалалъулъ тохлъи биччалищали пикруго гьабулищ нилъеца? Мекъи рукIин лъалищ, къабул гьабулищ, гьеб битIизабизе хIаракат бахъулищ?   Гьайгьай, гьелъул пикру гьабизе ккела. Лъазе ккола аварагзаби хутIизегIан, гунгутIабаздаса...


Фарукъ абураб цIар щвей

Жинда Аллагь разилъаяв ГIумар-асхIаб исламалде вачIун хадуб, бусурбабазда бугеб хIал бихьун гьесул ракI хIалхьун букIинчIо. Бусурбабаз ислам боси балъго гьабулеб букIараб заманалда ГIумар-асхIаб Аварагасухъе ﷺ вачIана ва абуна: «Я, Бичасул Авараг ﷺ, нилъ битIараб нухда гьечIищ, хваниги чIаго...


Муфти дандчIвана Сулеймангун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица, ГӀиса аварагасул цIаралда бугеб централда къабул гьавуна Гъарабудахкент районалъул Параул росулъа гӀараб каллиграфиялъул устар Аширлаев Сулейман. Гьес сайгъат гьабуна хирияб Къуръаналъул жинцаго квералъ хъвараб, цогидаздаса батӀияб нусха. ГӀага-шагарго...