Аслияб гьумералде

Мунго цIунизе

Мунго цIунизе

Мунго цIунизе

Ахираталда дандеккун, нилъеца гьаб дунялалда базе бугеб заман буго, цIакъго дагьаб жо. Гьединлъидал гIакълу бугев чиясе рекъараб буго щибаб сагIат, минут, лахIзат Аллагьасе ﷻ гIибадаталда тIамизе. Гьеб букIине кколаро ралел какал, къаси кьижичIого сардал рогьин, кIалал кквей. ГIей гьабула, щиб бугониги гьабулеб иш ниятги бацIцIадго, БетIергьан разилъуледухъ гьабиялда. 

 

Гьедин гьабулеб гIамал букIине бегьула, дунявиял ишал гьарулел ругониги, гьезие квалквал кколаредухъ, цадахъго рачунел. Рачунелъулги, гьабулеб иш ккезабизе бегьула хассал заманаздегун бакIазде, жалги хирияллъун ругел. Гьедин, хирияб заманалдасан ккола рогьалил гIуж.

Рогьалил гIуж БетIергьанас ﷻ гьабун буго баракатаблъун. Жинцаго бихьизабунги буго гьеб мехалъ муъминзабаз батIи-батIиял - дугIаби, тасбихIалгун тагьлилал гьаризе.

Анас-асхIабасдасан бицун буго: «Рогьалил как жамагIаталдаги бан, хадуб бакъ баккизегIан Аллагьги ﷻ рехсон, кIиго ракагIат какил бан щив чи вугониги, гьесие гьеб гIамал букIина тIубараб хIеж ва гIумра гьабураб гIадаб кирилъун», - абун (Тирмизи). 

Рогьалилъ Аварагас ﷺ гьарулел рукIарал ва гьариялде нилъги кантIизарурал руго цо-цо хасал дугIаби. Гьединаздасан ккола:

- «АлхIамду лиЛлагьи ллази ахIяна багIда ма аматана ва илайгьи ннушур», - абураб.

Гьеб тасбихI рехсолеб буго живго ва гIага-божарал балагь-къварилъабаздаса цIунизе ва бачIунеб къо баракатаблъун букIинелъун цIализе лъикIаб бугилан абун. Абу-Зар-асхIабасдасан бицун буго гьеб тасбихI Аварагас ﷺ макьидаса ворчIидал цIалулаанин абун (Бухари).

- «АлхIамду лиЛлагьи ллази радда гIалая рухIи ва гIафани фи жасади ва азина ли бизикригьи».

Абу-Гьурайратица бицун буго, Аварагас ﷺ абулаанин макьидаса рорчIидал цIалейин рехсараб тасбихI.

- «Ла илагьа илла Ллагьу вахIдагьу ла шарика лагьу, лагьул мулку ва лагьул хIамду ва гьува гIала кулли шайъин къадир».

ГIаишатидасан бицун буго, Аварагас ﷺ абунин: «Цониги чи гьечIо, Аллагьас ﷻ жиндир рухI нахъбуссинабун хадуб (макьидаса ворчIидал), абун «…» (рехсараб тасбихI-тагьлил), Аллагьас ﷻ жиндир мунагьал чурун гурого, ралъдада полопгIан гIемер гьел рукIун ратаниги», - ян. 

- «СубхIана Ллагьи ва бихIамдигьи».

Абу-Гьурайратидасан бицун буго, Аварагас ﷺ абунин: «Рогьел ва къаси мех щолелъул нусго нухалъ «СубхIана Ллагьи ва бихIамдигьи» абун щив чи вугониги, Къиямасеб къоялъ цонигияв вачIинаро гьелъухъ гьесие щваралдаса хириябги кьун, вачIина гьединабго яги гьелдасаги цIикIкIинабун», - ин (Муслим).

- «Аллагьумма бика асбахIна ва бика амсайна ва бика нахIя ва бика намуту ва илайка ан-нушур».

Абу-Гьурайратица бицана Аварагас ﷺ гьебги кидаго рада-радал цIалулаанин.

- «Бисми Ллагьи ллази ла язуру магIа исмигьи шайъун фил арзи ва ла фи ссамаи ва гьува ссамигIул гIалим».

Аварагас ﷺ абулеб рагIанин ГIусман-асхIабас бицун буго: «Щибаб къойил радал ва щибаб сордойил къаси лъабго нухалъ (рехсараб тасбихI) абулев лагъасе сунцаниги зарал гьабиларо», - абун (Тирмизи, Абу-Давуд).

- «ХIасбия Ллагьу ла илагьа илла гьува, гIалайгьи ттавакалту ва гьува рабул гIаршил гIазим».

Гьал рагIаби щибаб къойил, радал ва къаси анкь-анкь нухалъ цIалулев чиясе, дунял-ахираталъул ишаздаса жинца кIвар гьабуразе БетIергьанас ﷻ гьесие гIей гьабилин абун буго Аварагас ﷺ (Абу-Дардаъ).

Рехсарал тасбихIал-тагьлилал руго гIемер заман бахъуларел. Амма гьезухъ щвезехъин бугеб ажру-баракат, даража абуни Аллагьас ﷻ кIодо гьабун кьезехъин буго.

Аллагьас ﷻ жиндир рахIму-цIоб, баракат чваххизабураздасан гьареги киналго. Амин!

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

 

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Цоцазе мисал

Нилъер хъизам букIине ккола сахлъи бугеб щулияб жамгIияб гIуцIилъун. Рокъоб гIадлу гьечIони, хъизан-лъималаз гIумру гьабизе гьечIо исламалда рекъон, бажаризе гьечIо гьел лъикIал бусурбабилъун лъугьинарун.   Аслияб масъала буго Аварагасул ﷺ уммат гьоркьоса къотIичIого цIикIкIунеб хIал...


Сахаватав инсан

Нижер росулъа сахаватав инсан Чарандал вас ГIамиргIалица жиндирго инсул букIараб мина къачIазеги къачIан кьуна росдал мадрасалъе. Киналго росдал гIадамал кутакалда рохун ва разиго руго ГIамиргIалица гьабураб гьеб баракат цIикIкIараб ишалдаса. Гьанже рес рекъана мадрасаялда лъимал ва чIахIиял...


Ахиралде щвана

Баракатаб РабигӀул аввал моцӀ ахиралде щвана. Гьаб моцӀги Авараг ﷺ гьавураб къоги, цогидал моцӀал гӀадин нилъеца тӀобитӀичIо. Цогидаб заманалде ккун гьаб моцIалъ чияс дагьаб бугониги цӀалун батани Аварагасул ﷺ хӀакъалъулъ, абизе бегьула гьес хайир босанин.   ГӀумруялъ гьесул хӀакъалъулъ цӀаланиги...


Египеталде сапар

Египеталде сапаралъ араб Дагъистаналдаса делегация дандчӀвана Вакъфазул рахъалъ министр Усама ал-Азгьаригун. Дагъистаналъул делегациялда гъорлъ рукӀана: ДРялъул диниял суалазул ва миллияб политикаялъул министрасул заместитель ТӀагьир Сутаев, министрасул кумекчи ГӀабдулбасир Абакаров, ДРялъул...


Берцинлъи гьаби

Инсанас ретIулеб ретIелги берцинлъиялъе хIалтIизе гьарулел жалги хIалалал рукIуна, гIаммаб куцалда босани. Кинниги гьезда гъорлъ руго хIалтIизаризеги ва гьездалъун къачIадизеги бегьуларел жалги.   Гьел киналго хIалтIизаризе бегьулел жал руго Аллагьас нилъее дунялалда ругебгIан заманалъ...