Аслияб гьумералде

Щивав чиясда тIадаб

Щивав чиясда тIадаб

Лъай буго къуватаб жо. Гьединлъидал щивав бусурбанчияс тIалаб гьабизе ккола жиндие хIажатаб къадаралда диналъул гIелму. Жакъа къо босани, хIажат буго дунялалъул лъайги тIалаб гьабизе. Динияб лъай мухIканаб къагIидаялъ гьечIони, ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ тIагIат гьабизе бажаруларо. Черхалъе рухIгIадин гIелму къваригIуна дин гьабизе.

 

ГIелму букIуна кIиго батIияб - фарзул гIайн, ай щивасда тIадаб ва фарзул кифаят, ай цояс тIубазабуни киназдасаго тIаса кколеб. Цо-цоял ратула щибго жоги лъачIого тIагIат гьабулел. Сунца как хвезабулеб, парз ва суннат кин батIа бахъилебали лъазе ккола. Инсанас гьелъул тIалаб гьабичIого тей мунагьалде кколеб жо буго, хасго лъазабизе ресги букIаго.

Анасидасан бицараб хIадисалда аварагас ﷺ абуна: «Нужеца гIелму тIалаб гьабе Китаялде ине кканиги, щайгурелъул гIелму тIалаб гьабизе щивав бусурбанчиясда тIадаб буго», - ян (Байгьакъи).

Имам Мунавияс гьеб хIадис баян гьабун, «Файзул Къадир» абураб тIехьалда рехсана: «Щивав бусурбанчиясда тIалъула гIелму лъазабизе жиндир мукаллаф бугев, ай гIакъилав, балугълъиялде вахарав инсанасда ва жиндаги исламалъул хIакъалъулъ баян рагIарав чиясда».

Гьаниб бугеб мурадлъун ккола, лъачIого гIолареб гIелму, ай жив хIажалъулев, масала, Аллагь ﷻ лъаялъул гIелму, Гьесул сифатал, Гьесие щиб тIадаб бугеб ва щиб бегьулареб, аварагзабазе щиб тIадаб бугеб, гьезул сифатал ва цогидалги къваригIунел жал. Гьединаб гIелмуялда абула фарзул гIайн абун, ай щивав чиясда тIадаб бугеб.

Гьединго диналда щакдарулел чагIи чIезаризе бусурбабазда тIадаб буго, ай гьединав чи чанго вугони, киназдасаго тIаса ккола.

Гьединго тафсир, гIараб мацI, хIадис, фикъгьиялъул гIелму лъазабизеги гIаммаб тIалъи ккола бусурбабазда, ай чанго чияс лъазабуни, киназдасаго тIаса кколеб.

Нилъее хIажатаб гIелмуялдаса цIикIкIун лъазабизеги суннатаб буго. Аварагасул ﷺ хIадис буго, инсанасе лъикIлъи бокьидал, Аллагьасе ﷻ гьесие диналъулъ бичIчIи кьолилан абураб. Инсанасе гIелму лъазабизе рес щвани, гьеб бичIчIани, абизе бегьула ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьесие лъикIлъи гьабунин абун. Аллагьас ﷻ нилъее диналъулъ бичIчIи кьеги.

МугIавиясдасан бицараб хIадисалда буго аварагас ﷺ абунин: «Аллагьас ﷻ диналъул бичIчIи кьола жиндие лъикIлъи бокьарасе. ГIелму кьолев Аллагь вуго», - ян. (Бухари 71, Муслим 1037, Ибну Мажагь 220).

Гьединго ГIабдуллагь ибн МасгIудидасан бицана аварагас ﷺ абулеб рагIанин абун: «ХIасад гьабизе бегьуларо кIиго чиясде хутIун: Аллагьас ﷻ бечелъи кьурав ва гьебги кколеб къагIидаялъ хIалтIизабулесде ва жиндие хIикмат кьурав (мунпагIат бугеб гIелму, Къуръан бичIчIи), гIадамазда гьоркьоб гьелда рекъон хIукму къотIулесда ва гьебги малъулесда», - ян (Бухари, Муслим).

Бищун цебе бусурбанчиясда лъазе ккола Аллагь ﷻ, авараг ﷺ ва жинца иман лъезе кколебщинаб цогидабги жо. БитIараб гIакъида чиясул гьечIони, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьесул гIибадат къабул гьабуларо. Иманалда хурхарал суалалги лъазе ккола. Хадуб лъазе ккола какил, кIалалъул, закагIаталъул, хIежалъул гIелмаби. Лъазе ккола как сунца хвезабулебали, гьелъул арканал, какичуриялъул арканал ва сунца гьеб биххизабулебали. Гьединго инсанасда лъазе ккола щиб хIарамаб ва щиб хIалалаб бугебали. Нилъее гIузруги гьечIо къваригIунеб гIелму лъазабичIого тезе.

Жакъа гIелму тIалаб гьабиялъе гIезегIан санагIалъаби руго. Жиндие къваригIунеб гIелму лъазабичIого тей ккола диналъул кIвар гьабунгутIи. Ратула шагьадатцин битIун цIализе лъаларел чагIи. Гьелъул ургъел гьабичIого, гьедин ун батула гIумруги, как-кIалги букIуна загIипго.

Инсанас щиб пиша гьабулеб бугониги гIелму лъазабизе ккола. Масала, даран-базар гьабизе лъугьани, гьелъул хIукмаби лъазаричIого тезе бегьуларо.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...