Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ хIалимлъи

Аварагасул ﷺ хIалимлъи

Аварагасул ﷺ хIалимлъи

Авараг ﷺ вукIана гIадамазул бищун хIелму цIикIкIарав, жиндиего гьабулеб зарал гIемерлъарабгIан хIалимлъиги цIикIкIунаан. Гьев чIвазеян къасд гьабурал, гьесие загьру кьезеян хIалтIарал гIадамал тамихI гьабичIого риччан тана.

Ягьудиязул кIудияв гIалим Зайд бин СагIнатица бицана: «Дида МухIаммадил ﷺ авараглъиялъул киналго гIаламатал рихьун рукIана, кIиго гIаламат хутIун: гьесул хIалимлъи ццим бахъиналдаса цебе ккола, гьесие цIикIкIун зарал гьабурабгIан гьесул хIалимлъи цIикIкIуна».

Зайдие бокьун букIана гьеб кIиялъулго хIалбихьизе. Цо къоялъ гIалхул гIарабияв вачIун жиндирго къварилъи бицана аварагасда ﷺ. Аварагасухъ ﷺ гьесие кьезе гIарац батичIелъул, ягьудияв гIалимас мискинчиясе гIарац кьуна, аварагас ﷺ тIадбуссинабизе къотIиги гьабун. Зайд ургъунго налъи кьолеб заман щвелалде цо чанго къоялъ цебе аварагасул ﷺ квешго гIаба цIан, гьесдаса гьебги бортизабун, цинги Хириясул ﷺ бадиве квешгоги валагьун, хъачIго абуна: «Ле, МухIаммад, бецIуларищ дуца дир налъи, АллагьасхIаги нуж, ГIабдулмутIалибил наслу, налъуе кIарчанал рукIун руго», - ян. Цинги ГIумар-асхIабас абуна: «Я Аллагьасул тушман, дуца гьеб Аллагьасул ﷻ Расуласдейищ ﷺ абулеб бугеб?» - илан. Авараг ﷺ, гьимизеги гьимун, ГIумар-асхIабасухъ валагьана ва абуна: «Я ГIумар, ниж гьеб дуца абулеб жоялдасаги цогидалде хIажат руго дудаса: дуца дида абе берцинго налъи тIадбуссинабеян ва гьасдаги абе жиндирго налъи берцинго нахъе тIалаб гьабеян. ГIумар, мун а гьавгун цадахъ ва гьесул налъиги тIадбуссинабе, къого сахI чамасдакIилги кье гьесие дуца хIинкъизавуралъухъ», - абун.

Гьелдаса хадуб Зайдица ислам къабул гьабуна ва бицана жиндие аварагасул ﷺ хIалбихьизе бокьун букIанилан.

Аварагасул ﷺ чIухIи гьечIолъи

Аллагьасул ﷻ Расул ﷺ бищунго чIухIи гьечIев вукIана. Гьес ﷺ абулаан: «Дун Аллагьасул ﷻ лагъ вуго, лагъ гIадин гIодовги чIола, лагъ гIадин кваназеги кванала», - ян. Малаикас гьесда гьикъидал: «Мун хан-авараглъунищ витIизе бокьилеб, лагъ-авараглъунищ?» - абун, гьес жаваб кьуна лагъ-авараглъун витIизе бокьилин. Лагъас яги мискинчияс ахIараб бакIалдеги унаан гьев. Рукъалъул агьлуялъе рокъоса хIалтIиялъулъ кумекги гьабулаан. АсхIабзабигун цадахъ гIахьаллъун ккараб хIалтIиги гьабулаан, гьез бачIараб сайгъатги къабул гьабулаан. Цо нухалъ гьесул гьайбатлъиги бихьун, пуланав чи сородизе лъугьуна. Хирияв аварагас ﷺ гьесда абула: «Мун гIодове виччай, дун залимав хан гуро, дун вуго бакъвараб гьан кванан гIурай гIадатияй къурайшиялъул вас», - абун. Гьес абулаан чIухIи гьечIев чи Аллагьас ﷻ тIадегIан гьавулин, чIухIи бугев басраги гьавулин. Кваналеб кванилъ, ретIунеб ратIлилъ рукъ-милкалъулъ гьес гIадатияв асхIабас гьабулелдаса тIадехун щибго гьабулароан.

ХIажи ГIалиев

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...