Аслияб гьумералде

ГIолохъанго пайда босе

ГIолохъанго пайда босе

ГIолохъанго пайда босе

ГIолеб гIел ккола инсанияталъул гIумруялъул къисмат жинда тIад гIуцIараб аслияб кьучIлъун ва мугъчIвалеб хIубилъун. Щай абуни, гIумруялда дандчIвай гьабизе хIадурлъулел гIадамал, ригьалде рахарал херал чагIи ккола гIумруялъулгун къо-мех лъикI гьабулеб заманалда ругел. Лъимал ккола гIумруялда дандчIвай гьабизе хIадурлъулел, жеги гIумруялъулгун дандчIвай гьабичIеб гIел. ГIумругун къеркьолеб чIагояб къуватин абуни ккола гIолохъанаб гIел.

 

ГIолохъанаб гIел бокьухъе рукIаян, гьезул ургъел гьабичIого чIарал нухмалъулел ккола цохIо халкъалъе гуребги, жалго жидеегоги хиянат гьабулеллъун. ГIун бачIунеб гIел лъикIаб нухдасан иналъул жамгIияталда жаниб кIудияб кIвар буго.

Имам Муслимица бицараб кьучIаб хIадисалда буго аварагас ﷺ абунилан: «Анкьго чи вуго Аллагьасул гIаршалъул гурони цоги рагIад гьечIеб, къиямасеб къоялъ гIаршалъул рагIдукь рукIине ругел: гьезда гьоркьоса ккола гIадлу битIарав ханги, Аллагьасе ﷻ тIагIаталда гIумру арав гIолохъанчиги», - абун. ГIадлу битIарав ханасда хадувго рехсон вуго Аллагьасул ﷻ нухда чIарав гIолохъанчиги. Гьелдалъун гьеб хIадисалъ нилъеда бичIчIизабула Аллагьасул ﷻ нухда чIарав гIолохъанчи гIадлу битIарав ханасда хадусеб даражаялда, жамагIаталъе хIажатав ва пайда цIикIкIун кьолев вукIин. Живго аварагас ﷺ ислам тIибитIизабулеб заманалдагицин гьесда сверухъ чIарал гIадамазул гIемерисел гIолохъанаб гIел букIана. Гьезул берцинаб дагIваталъул баракаталдалъун 1400 соналъ цебего тIибитIараб исламияб диналдалъун жакъаги миллионал гIадамаз пайда босулеб буго.

Гьединлъидал росдае букIа, шагьаралъе букIа, улкаялъе букIа къимат кьола гIолохъанаб гIелалъул хьвада-чIвадиялъухъ балагьун. ЛъикIаб гIамал-тIабигIаталъул гIемерисел гIолохъаби жанир ругеб росу, шагьар, улка лъикIаблъун рикIкIуна, квешаб гIамал-хасияталъул цIикIкIун ругони квешаблъунги рикIкIуна. Гьединлъидал нилъеца кIвар бахъизе ккола нилъер гIун бачIунеб гIел лъикIаб тIабигIат-гIамалалда куцазе.

Аллагь ﷻ разилъаяв кIудияв гIалимчм ва вали ГIабдулкъадир Сафадияс хъвалеб буго: «Дунялалда дагьабго заманалъ лазатги босун, хадуб абадияб гIакъуба щолеб гьеб лазаталъул пайда щиб?» - абун. Гьединго дунялалда дагьаб заманалда захIматги бихьун хадуб абадияб нигIмат щолебги букIаго бихьараб захIматалъул заралги щибилан.

Исламалъул тIогьиб бугеб бищунго хирияб гIамаллъун рикIкIуна гъазават. Амма гъазаватазулги бищун хирияб гъазават ккола инсанас жиндирго нафсалде данде гьабулеб гъазават. Аварагас ﷺ абулеб буго: «ХIакъав гъазаватчи ккола нафсалдехун гъазават гьабулев чи», - ян. Нафсалде данде гъазават гьабизе гIолохъабазе захIмат бугилан абуниги, гьеб захIматги кидаго букIунеб гуро. ГIолохъанчиясги квешлъиялдасаги гьукъун лъикIлъиялда нафс куцазе байбихьараб мехалъ, гьесие дагь-дагьккун бигьалъизе ва хадуб лъикIаб гIамал гьуинлъизеги буго.

Амма гIолохъанлъиялъ гуккарал, пасалъиялда гIумру тIамулезда гьоркьорги ратизе бегьула жалго мекъаб нухда рукIинги ва Аллагьасул ﷻ нух хIакъаб букIинги лъалел, херлъун хадуб диналде руссинилан хьулазда божун чIаралги. Гьезда лъазе ккола гьединал хьулал жиделъ раккизарулеб щайтIан букIин. ГьечIони, жалго ургъеха, херлъидал дин гьабилин чIарал гIолохъабазул, бищун дагьаб 70 % херлъизегIан хутIичIого хола.

Херлъун хадуб дин гьабизе лъугьарав цониги чи дуда ватизе гьечIо гIолохъанаб мехалда дин гьабичIого теялда пашманлъарал гурони. Херлъараб мехалъ гьабулеб динги хераб букIунеблъиги хIисаб гьабизе ккела. ГIадада гурелъул нилъер хирияв аварагас ﷺ васият гьабураб: «Дуца херлъилалде цебе дурго гIолохъанлъиялдаса пайда босе», - абун.

 

МухтарахIмад МухIаммадов

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...