Сардилъ тIаде рахъин
Сардилъ тIаде рахъин
Нилъеда бихьулеб буго жакъа мунагьаздаса цIунун чIей цIакъ захIматаб жо букIин. Гьедин бугелъул, тIадчIей гьабизе ккола мунагьал чурулеб гIамал гIемер гьабиялда.
Бищунго мунагьал чурулеб гIамалаздасан ккола, гIадамал кьижараб мехалъ тIаде рахъун гIибадат гьаби. Щайгурелъул, гьеб буго макьуги тун, рияалдасаги цIунун, щайтIан-напсги къезабун гьабулеб гIамал. Гьединго, гьеб буго Аллагьас ﷻ гьарараб жоялъе жаваб гьабичIого толареб гIужги.
Салат-салам лъеяв Аварагас хIадисалда абулеб буго: «Нужеца сардилъ тIаде рахъиналда тIадчIей гьабе. Нужеда цере рукIарал салафу-салихIуназ, ай диналъул агьлулъун ругел лъикIал гIадамаз тIадчIей гьабулеб букIараб гьезул гIадатги буго гьеб. Гьеб сардилъ тIаде рахъин нуж ТIадегIанав Аллагьасде гIагар гьарулеблъунги буго, нужер мунагь-хатIаъ чурулеблъунги буго, нуж мунагьалде ккеялдаса нахъчIвалеблъунги буго, нужер черхалдаса унтаби нахъе иналъе сабаблъунги буго», - абун.
ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Аварагасде ﷺ хитIаб гьабун абулеб буго: «Къаси тIаде вахъин, как базе, гIибадат гьабизе, цIалараб жо ракIалда чIезе, рекIелъ хIузур цIуниялъе цIакъго асар гьабулеб буго. ХIакълъунго, къад къоялъ я МухIаммад, Дур гIемерал шугълаби, тIуразе кколел къваригIелал руго, гьединлъидал мун къад гIибадаталде, Къуръан цIалиялде регIуларо, дуца гьелда тIадчIей гьабе къаси тIаде вахъун. Дуца дурго БетIергьан Аллагьасул цIарги рехсе Къуръан цIалулеб мехалъ, (Бисмиллагь бахъе)», - ян. Цогидаб аяталда буго: «Мун тIадегIанав Аллагь рехсеялда даимлъе, Авараг ﷺ, батIалъи гьечIо къад букIана, къаси букIа», - абун.
Аллагь разилъаяв Абугьурайратида Аварагас ﷺ абуна: «Я Абугьурайра! Дуе бокьилищ дунялалдаги, ахираталдаги, хабалъги мунгун цадахъ Аллагьасул рахIмат букIине? Гьес жаваб гьабуна: «Бокьила, я Бичасул Авараг», - ан. Цинги Аварагас ﷺ абуна: «Къаси тIаде вахъа ва Аллагьасе гIоло, гьесул разилъи тIалаб гьабун какал рай», - ян. Хадубги Аварагас ﷺ абуна: «Дуца дурго рукъалъул бокIназда какал рай, гьеб рокъоса зобалазде щвезегIан цIвабзазул гIадаб, гвангъараб нур букIина»,- абун. Цогидаб хIадисалда буго: «Аллагь гурхIаги сардилъ тIаде вахъун жинцаго как барав, хадуб йорчIизе лъадиги гьаюн гьелдаги как базабурав чиясда», - ян.
Абубакар абурав кIудияв гIарифуназул цояс бицана: «Нижеца гIумруялъ тIалаб гьабуна ункъо жо ва нижеда гьеб батана ункъо жоялъулъ. Нижеца тIалаб гьабуна ТIадегIанав Аллагь ﷻ разилъи, нижеда гьеб батана Аллагьасе ﷻ мутIигIлъиялъулъ; нижеца тIалаб гьабуна магIишаталъулъ гIатIилъи, нижеда гьеб батана зухIаялъул как баялъулъ; нижеца тIалаб гьабуна дин бацIцIадго цIуни, нижеда гьеб батана кIал-мацI цIуниялъулъ, нижеца тIалаб гьабуна хабалъ нур батиялъе сабаб, нижеда гьеб батана сардилъ тIаде рахъун ралел каказулъ».
Ибрагьим бин Адгьам абурав Аллагьасул ﷻ кIудияв вали, цо сордоялъ Масжидул Акъсаялъув кьижун вуго. Цинги гьесда рагIун буго Аллагьасул ﷻ рахъалдасан бачIунеб гьатифалъул гьаракь: «Сардилъ гIибадаталъе тIаде вахъиналъ жужахIалъул цIаялъул бухIи свинабула, сиратIалъул кьодасан унеб мехалъ хIатIалги хъущтIизе толаро. Мун сардилъ тIаде вахъине кIвахIаллъуге», - ян. Гьелдаса хадуб хвезегIан Ибрагьимица сардилъ тIаде вахъин тун гьечIо. Салат бин Ашим абурав салихIуназул цояс боголил как баралдаса хъахIлъи базегIан какилъ вахъун чIун, какдаса ватIалъидал абулаан: «Я дир Аллагь! Дуца дун жужахIалдаса цIуне, дун гIадав чиясе алжан гьари рекъараб гьечIо», - ян. Аллагьас киназего гIибадат гьуин гьабеги, чIахIиял вализабазул баракат камунги тогеги.
Сардилъ тIаде рахъине бигьалъиялъе сабабал
1) Къад къоялъ кваналеб квенги, гьекъолеб лъимги дагь гьаби. Инсанасул кванирукъ бакIго бугебгIан мехалъ макьу гьуинлъула ва тIаде вахъине захIмалъула. Суфяну Саврияс абулаан: «Нужеца квен дагь гьабиялда тIадчIей гьабе, сардилъ тIаде рахъиналда нужер кверщел батила», - ян.
2) Къад къоялъ мунагьаздаса рикIкIалъи. Мунагьаз ракIалда къасават лъугьинабула, Аллагьасул ﷻ рахIматалдаги лагъасдаги гьоркьоб пардавлъунги букIуна.
Цо пуланав чияс Аллагь ﷻ разилъаяв ХIасанида абуна: «Дун унти-къварилъи гьечIого какие чуриялда кьижула ва кидаго къаси тIаде вахъине бокьунги букIуна, киниги дир гьелда хIал кIоларо, гьелъие бугеб сабаб щиб?», - абун. Цинги ХIасаница абуна: «Гьелъие сабаб, дуца къоялъ гьарурал мунагьал руго. Гьел мунагьаз мун вухьарав чи гIадин чIезавула», - ян. Адгьамил вас Ибрагьимида цо чияс абуна: «Дида сардилъ тIаде вахъине кIолеб гьечIо, гьелъие гьабизе дару бице», - ян. Ибрагьимица гьесие жаваб гьабуна: «Мун къад Аллагьасде гIасилъуге, ай мунагьал гьаруге, Аллагьас мун къаси жиндаго цеве чIезавила, ай тIаде вахъине кIвела. Сардилъ тIаде вахъун ТIадегIанав Аллагьасда цеве чIей, бищунго хирияб, тIадегIанаб жо ккола», - ян.
3) Къаде какалда цебе кьижи. Гьеб суннатаб буго, къаси тIаде вахъине кумек букIиналдалъун. Ибну ГIабасидасан бицараб хIадисалда буго: «Къад кьижиялдалъун къаси тIаде вахъине кумек букIуна», - абун.
4) Дунялалде хьулал къокъ гьарун, ахираталъул захIмалъабазул ва жужахIалъул бухIиялъул пикру гьаби. Сугьайб абун цIар бугев гIабид вукIун вуго Басраялдаса цо чIужугIаданалъул лагъ. Гьев тIубараб сордоялъ гIибадаталда вукIун кьижулев вукIун гьечIо. Цо къоялъ гьасда жиндирго хважаиналъ абун буго: «Даимго сардал рорчIиялдалъун, къад гьабулеб хидматалъе дуе зарал буго», - абун. Сугьайбица жаваб гьабун буго: «Дица щибха гьабилеб, жужахI ракIалде щведал макьу тIурула», - ян.
5) Бусурбабаздехун хIасад гьабиялдаса ракIбацIцIад гьаби, гьединго, бидгIаялдаса, къваригIел гьечIел харбаздаса рикIкIалъи. Кидаго дунялалъул ургъалида, диналъул вацаздехун хIасадалда вугев чиясе къаси тIаде вахъине бигьалъуларо. ТIаде вахъаниги гьесда Аллагь ﷻ ракIалде щоларо дунялалъул пикрабазда вукIиналъ. Гьединав чиясда абула: «Якъзаталдаги кьижарав», - абун.
6) Къад къоялъ хIалтIун черх сваказабунгутIи. Жиндирго лугбузе зарал гьабулеб куцалъ захIматаб хIалтIи гьабиларо. Гьелъ макьу тIаде цIала ва къаси вахъине захIмалъула.
Абугьурайратица бицараб хIадисалда буго: «Паризаял каказда хадуб бищунго хирияб как, къаси тIаде вахъун балеб как буго», - абун.