Аслияб гьумералде

ГIемер ракIалде щвезабе

ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб жоялъулъ.

 

Дунялалда хадур рилъун, гьелъул гурони ургъел гьабичIого нилъеда цо-цо тIадкъарал жал кIочон толел руго. ГIемер гьенир рессун хвелалъул пикру гьаби кIочонеб буго.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абуна (магIна): «Щибаб рухIалде хвел щола, хадур нуж тIаде рахъинарула цIидасан Нижехъе» (Сура (ал-ГIанкабут», аят 57).

Аварагасул ﷺ хIадисалда абуна хвел муъминчиясе рохел (сайгъат) кколилан. Цоясда ккезе бегьула хвел кин рохел букIунебин? Имам Гъазалияс гьадин бицана: «Бусурбанчи дунялалда гвандинив тIамураб хIисаб букIуна. Дунялалъул рокъоб гьев шайтIаналде данде чIезе ккола, гьединго напсалдаги. Гьел руго чиясе балагь бугел жал, хун гурони тIасаги кколарел. Бусурбанчияс хвел кидаго ракIалде щвезабизе ккола. Гьеб буго нилъер хьулал, лазатал тIагIинабулеб жо».

ГIали бин Абу ТIалибица абуна: «Хвел гIемер ракIалде щвезабулев чи разилъула дагьаб жоялда». Вализабазул цояз абуна: «Хвел кIочон тей ккола ракIалда ругъун бакки». Гьеб ругъун тIагIинабизе ккола хвел ракIалде щвезабун. Гьелъ гурони гьеб тIагIинабуларо.

Абула лъабго жо гIакъилав чиясда кIочоне бегьуларин: «Дунял холеблъи, хвел ва балагьал жиндаса цIуни гьечIеб букIин».

Цо нухалъ ГIаишатица Аварагасда ﷺ гьикъула: «Шагьидзабигун цадахъ Къиямасеб къоялъ рахъунел чагIи рукIунищ?» Гьес жаваб гьабула: «РукIуна, гьелгун рахъуна къоялъ къого нухалъ хвел ракIалде щвезабулел гIадамал».

Дуца кидаго хвел ракIалда чIезаби. Гьеб мехалъ дуца гьаб дунялалде кIвар кьоларо. Хвел кIочонаресе къварилъаби ва гIумруялъул рохел цохIого букIуна.

Цо валияс рехсана: «Хвел кидаго ракIалде щвезабулесул лъабго тIабигIат букIуна:

  1. НахъбахъичIого тавбу гьабула.
  2. Дагьалда гIей гьабула.
  3. ГIибадат гьабула кIвахIал-лъичIого.

Хвел кIочон тарав ккола лъабго балагьалде:

  1. Тавбу гьаби нахъ бахъула.
  2. Аллагьас ﷻ кьуралда гIей гьабуларо.
  3. ГIибадат гьабизе кIвахIал-лъула».

Абу Дарда асхIабас абуна: «Хвел гIемер рехсолев чиясул рохел ва жахIда дагьлъула».

КIудияб рохел ва талихI буго иманалда хвей. Иманалда хварав чи хвасарлъула лъабго жоялдаса:

  1. ГIизраил малаикасул гьумер бихьиялдаса хIинкъи.
  2. Хвалил гIазабалдаса.
  3. Куфруялда хвеялда хIинкъи.

Нилъеца дунялалда гIумру тIамизе ккола битIараб къагIидаялъ лъикIаб хвел бокьанани. Абуна: «Чи холила жинца гIумру тIамураб куцалъ», - ян.

Нилъеца чи вукъидал абула: «Гьев чи лъикIав вукIанин, гьевгIадин нилъги хвелин». Хвел букъун лъугIидал хехго кочIона хвел, кколарел харбазде рортула, къваригIел гьечIел жал рицуна. Хвалил пикру гьаби тола, хварав чиясул пикру гьабуларо. ХIакъикъаталда дов вукIуна нилъер дугIабазде хьулги лъун.

Хвел ракIалде щвезабеялъ гIемер пайдаби кьола. Мунагьал гьариялдаса нахъ чIвала, свагIал ракIал тамах гьарула. Дуналалдехун бугеб хьул уна, ахираталде хьул бижизабула. ТIаде рачIунел балагьал гьечIебжолъун рихьула.

 

Загьид Рамазанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...