Аслияб гьумералде

Дунял - пайда гьечIеб жо

Дунял - пайда гьечIеб жо

Пуланав чияс цогидасда гьикъулеб рагIана талихIалъул хIакъалъулъ. «Тали-хIавлъун вукIине бокьун батани пайда гьечIел жал тIасанги гъоркьанги риччанте, гьединал жалазде кIварго кьоге, гIадада заманги чIваге», - ян кьолеб бугоан дов чиясги жаваб. ТалихIавлъун вукIине бокьарав чиясул балагьиги, ургъелги, пикруги букIуна доб дунялалде, ай абадияб рукъалде буссараб.

 

Цо гIакъилав чияс насихIат гьабулелъул абулеб рагIана: «Дуца ургъел гьабе Аллагьгун дандчIвалеб лахIзаталъул. Гьеб заманалда жаниб мун вукIине вуго кинабгоги цебелъун ва духъаги бажаризе гьечIо щибго бахчун. Гьаб дунялалда бугебщинаб бечелъиги магIишатги буго, гьеб къоялде дандеккун, гьадингояб, щибго багьа гьечIеб жо», - ян.

МухIаммад авараг ﷺ вукIана нилъее киназего мисаллъун. Гьес ﷺ абулаан: «Дунял буго пайда гьечIеб жо, гьелда жаниб бугебщинабги буго пайда гьечIеб жо, Аллагь рехсейги, гьелда хурханщинабги, гIалимчиги мутагIалимги хутIизегIан», - абун. Цогидаб хIадисалда буго: «Дунял буго гIакълу гьечIесул рукъ ва гьеб дандеги гьабуларо гIакълу мукъсанас гурони», - ян.

Цо нухалда свалат-салам лъеяв аварагас, хвараб балканалда аскIосан унаго, асхIабзабазда абун буго гьаб дунял Аллагьасда цебе хIакъираб бугин, гIадамазе гьаб балканалдасагиян. Аллагьасда аскIоб гьаб дунялалъул кIкIарадул кваркьиялъулгIан къимат букIарабани, Аллагьас капурчиясе дунялалда лъел къатIра кьелароанин.

ЖабрагIил малаикас НухI аварагасда цIехон буго БетIергьанас халатаб гIумруги къуватги кьурав дуда гьаб дунял кинаб жо батарабилан. НухI аварагасги жаваб гьабун буго: «Дида гьеб батана кIиго нуцIа бугеб рукъалда релълъараб: цоялдаса жанире рачIунеб, цогидалдаса къватIире лъугьунеб», - ан.

Фузайл ибну ГIиязица хъвалеб буго: «Кинабниги квешлъи цо рокъобе бакIарун буго, гьелъул кIулалги дунял бокьи буго. Кинабниги лъикIлъи цо рокъобе бакIарун буго, гьелъул кIулги дунял рехун тей буго», - ян.

ГIабдуллагь ибну МасгIудица бицун буго: «Сумалоялда тIадги вегун кьижун ккун вукIана авараг ﷺ. Гьев ворчIидал ва тIаде вахъиндал гьесул хьибилалда бугоан сумалоялъул лъалкIал хутIун. Дуде гъоркье нижеца цо щиб бугониги рехизе кколаанин абидал, аварагас ﷺ абуна: «Дие гьаб дунялалъул кIварго букIунаро. Гьанив дун вуго чотIахъан гIадин, дагьаб мехалъ гъотIол рагIдукь хIухьбахъиги гьабун, гьебги рехун тун цIидаса цевехун унесда релълъун», - ян.

Свалат-салам лъеяв аварагас абун буго: «Мун гьаб дунялалда гьобол гIадин вукIа», - ян. Гьоболлъухъ ругеб мехалда кин нилъ рукIунелали нилъеда лъала. Гьединго рукIине кколеб бакI буго дунялги. ГIадада гурелъул абун бугеб, гIакълу гьечIес гурони дунял данде гьабуларин. Дагьабниги гIакълу бугев чи вукIинарищха абадияб рукъалъе хIажатаб данде гьабулевлъун. Сапаралъ вахъунев чияс цадахъ босула чара гьечIого хIажатаб жо. Гьесдаго релълъун, бусурбанчиги вукIине ккола гьаб дунялалдаса абадияб рукъалъе къваригIунебщинаб тIалаб гьабулевлъун.

Нухда унаго рищни-къул балеб бакIалдаса гIемер рикIкIад гьечIелъув лъалхъула ГIумар-асхIаб. Гьениса бачIунеб махIалъ хIалкъазабурав цадахъ вукIарав чи дагьалъ рикIкIадегIан уна. Гьеб мехалъ, гьесдеги вуссун, халипас абула: «Гьалеха нужеца тIалаб гьабулеб бугеб дунял», - ян.

Нилъер гIемерисез рахIатги рекIее парахалъиги балагьула бечелъиялъулъ, машгьурлъиялъулъ, тIадегIанлъиялъулъ. Гьединазда ракIалдеги ккола гьеб бугин унго-унгояб талихIилан. Амма дагьабниги пикру гьабуни, щивав бусурманчиясда бихьула гьеб бечелъиялъулъ я дунялалда яги ахираталда инсанасе талихI гьечIолъи. Щайгурелъул, хIалалаб куцалда данде гьабураб боцIи-мал гьеб батани, чIаго вугебгIан мехалда гьесул рекIелъа хIинкъиялъул ургъел нахъе унаро, хIарамалдалъун данде гьабураб бугони, ахираталда БетIергьанасул гIазабалдеги ккола. Бечелъиялда, ай боцIи-малалда жаниб талихI букIарабани, Къадисиялъул гъазаваталдаса хадуб бусурбабазе щвараб гъанимаялде тIадеги къулун ГIумар-асхIаб гIодилароан. Мун щай гIодулевин гьесда гьикъидал, халипас абун буго кинаб бугониги бечелъи гIадамазухъе щвечIин, гьелъ гьезда гьоркьоб тушманлъиги цоцазул ракIал хвейги загьир гьабун гурониян. Гьединлъидал талихIав чи ккола бугелда гIей гьабун чIолев. БетIергьанасин абуни щивав лагъасе хъвараб ризкъи кьечIогоги толаро. ТIадегIанав Аллагьас хирияб Къуръаналда абун буго (магIна): «Ракьалда тIад цониги инсан яги хIайван гьечIо, Аллагьас гьезие ризкъи кьезе Жиндего тIаде босун гурони», - ян. Гьединлъидал, ахиратги кIочон тун, дунялалда хадур хачади буго талихIкъиналъул гIаламат.

 

МухIаммадхIабиб МахIатIов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...