Аслияб гьумералде

ГIибадаталдасаги лъикIаб

ГIибадаталдасаги лъикIаб

ТIадегIанав Аллагьас инсан рехсана щукру гьабуларевлъун, нигIматазде капуравлъун. Нилъеда гIемер бихьиялъ, ругьунлъун ккун рукIиналъ кидаго гьедин букIине кколин ракIалдеги ккола. Нилъеца пикру гьабулищ нилъерго хIакъалъулъ, ай кин рижун ругелали? Балагье, ТIадегIанав Аллагьас нилъее канлъи, рагIи, кIалъай, къуват, сахлъи ва цогидабги кьуна.

Гьеб нигIмат нахъе босани нилъер кинаб хIал букIине бугеб? Миллиардал ругезги абула хвалилаб унти тIаде бачIиндал, бугебщинаб гIарац кьелаанин унти сах гьабулев чиясейилан. Гьебгощинаб гIарацги гьезда гьитIинаблъун бихьула сахлъиялда дандеккун. Гьанже хIисаб гьабеха, ТIадегIанав Аллагьас нилъее кьун бугебщинаб нигIматалъул?

Аллагьас Къуръаналда абухъе, нилъеда гьел рикIкIун хIал кIоларо, хIатта лъазецин лъаларо гьел кинал ругелалицин. Гьебгощинаб кьуниги нилъ лъугьуна Аллагьасде гIасилъизе, гьарула мунагьал. Нилъер мунагьазухъ, Аллагьас кколеб къагIидаялъ тамихI гьабулеб букIарабани, дунялалда чиго хутIилароан. Гьедин Аллагьас Къуръаналдаги абуна. Гьаругеги нилъ Гьесие щукру гьабуларездасан.

Нилъее къваригIараб жо буго гIемер тавбу гьаби, пикру гьаби. Гьелъ Аллагь лъаялде, Гьесул Къудрат бичIчIиялде рачинчIого толаро. Гьеб (пикру гьаби) хIакъикъаталда гIибадат (тIагIат) гьаби ккола. Гьеб салафусалихIуназул пишаги букIана.

Ибну ГIаббасицаги Абу Дардаицаги абуна: «Цо дагьаб мехалъ пикру гьаби лъикIаб буго сордо гIибадаталда борчIиялдаса», - ян. Амма нилъеда ккола тIубараб сордоялъ тIагIат гьаби кIудияб жо бугилан. Пикру гьаби букIинего букIунаро.

ГIумар бин ГIабдулгIазизица абуна: «Аллагьасул нигIматазул пикру гьаби гIибадатазул бищун хириязул цояб ккола», - ян.

Шайих Фузайлица абуна: «Пикру гьаби матIу ккола, гьелъ бихьизабула дур лъикIалги квешалги гIамалал», - ян.

ХIатамул Асамица абуна: «Муъминчи машгъуллъун вукIуна пикру гьабиялда, мунапикъ машгъуллъула хьулазда», - ян. ХIакъикъияв бусурбанчиясул хасият букIуна жиндирго гIунгутIаби ралагьулеб, гьесул заман букIунаро цогидазул гIунгутIабазде ваккизе. Цо-цоязени цIакъго бокьула гIадамазул гIайибал ралагьизе ва гьел къватIир чIвазаризе.

Зунунул Мисрияс абуна: «ГIибадаталъул кIул ккола пикру гьаби. Гьаваялъул гIаламат шагьватазда нахъвилъин буго. Таваккалалъул гIаламат ккола хьул къотIизаби», - ян.

Сарию СакъатIияс абуна: «Пикру гьаби (Аллагьас бижараб жоялъулъ) лъикIаб буго тIубараб соналъ тIагIат гьабиялдасаги», - ян. Цо нухалъ Ибрагьим аварагасда гьикъула: «Дуца пикру гIемер гьабулеб буго, щай?»- абун. Гьес жаваб кьола: «Пикру ккола гIакълуялъул бакьулъ бакI. Пикру гьабулеб гьечIони гIакълуялъул цебетIей букIунаро. Гьелъие гурищ ТIадегIанав Аллагьас кьун бугеб нилъее гIакълуги пикруги», - ян.

Аллагьасул вали Бишрица абуна: «ГIадамаз Аллагьасул тIадегIанлъиялъул пикру гьабулеб букIарабани, Гьесде гьел гIасилъизего рукIинчIо», - ян. Нилъ руго дунялалде, напсалъе бокьаралде руссун, пикру гьабизе заманго гьечIо. Гьедин бегьуларо.

Сагьлу бин ГIабдуллагьица абуна: «Цере рукIарал сиддикъунал щибаб лахIзаталъ хIинкъулаан рухI мекъи бахъиялдаса», - ян. Балагьеха гьезухъги нилъехъги, зобалдаги ракьалдаги гьоркьоб гIадаб батIалъи гьечIищ?

Лукъманул ХIакимил къиса

Лукъманул ХIаким вукIана пикру гьабулевлъун. Гьесда аскIосан унес гьикъулаан: «Ле Лукъман, мунго дудего вуссун гIемераб заманалъ вукIунев гьечIищ? ГIадамалгун вукIаравани дуе ракIгъей букIинаан», - илан абун. Лукъманица жаваб гьабула: «Дунго вукIиналъ пикру гIемер гьабизе кIола, пикру гIемер гьаби алжаналде унеб нух буго», - ян.

Давуду ТIаиясул пикру гьаби

Къаси сардилъ Давуду ТIаи, тIохдеги вахун, зоб-ракьалъул пикру гьабулев вукIунаан. Гьеб хIалалда вугев гьев ватула мадугьаласул азбаралде вортун. Гьесда гьикъула мун гьаниве лъица рехаравилан? Гьес абула жинда лъаларин.

Имам Равасица абуна: «Чара гьечIо ТIадегIанав Аллагьас бижаралъул пикру гьабичIого. Гьелъ бичIчIизабула Аллагьасул тIадегIанлъи ва къуват», - ян.

АсхIабзабаз абулаан: «Нужеца пикру гьабе Аллагьас бижараб жоялъул, пикру гьабуге живго Аллагьасул . Дагьаб мехалъ пикру гьаби лъикIаб буго 60 соналъ гIибадат гьабиялдасаги», - ян.

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ

2026-07-01 (МухIаррам 1448 с.) №13.


Лугбуздасан садакъа

Как буго Аллагьас ﷻ тIадаблъун гьабураб, бусурбабазе давлалъун бугеб нигIмат. Къойил балеб щуябго паризаяб гуребги, руго суннатал какалги жидеда тIадчIей гьабизе рекъарал, кири хIасуллъи гуребги, батIи-батIиял нигIматал тIаде цIаялъе сабаблъунги ругел.   Гьединаб суннатаб какалдасан буго...


Къимат тIадегIанав

Щаклъи гьечIо, МухIаммад аварагасул ﷺ гIумру кигIан лъазабуниги нилъее дагьаб букIиналда. ХIакъикъаталда, Аварагасулъﷺ руго рикIкIен гьечIел лъикIлъаби. Гьединлъидал нилъеца, гьоркьоса къотIичIого, гьесда хурхарабщинаб жо лъазабизе ккола, хасго «аш-Шамаил МухIаммадия» абурал тIахьал...


Аварагасги ﷺ тIадчIей гьабулеб букIараб

Къунуталъ (магьдина) какилъ хасаб бакI ккола ва гьеб ккола ШафигIияб мазгьабалда бищунго кIвар бугел суннатазул цояб. Гьеб буго рогьалил какил кIиабилеб ракагIаталда, рукугIалдаса хадуб цIалулеб хасаб дугIа. Гьединго къунут цIалула витрулъул какда, рамазан моцIалъул ахирисеб бутIаялда ва балагь...


ГIолохъанал гIалимзабигун дандчIвана ГIолилазул форум

Гьал къоязда Хасавюрт шагьаралда тӀобитӀараб, Саидбег Даитовасул цӀаралда бугеб къецалда бергьарал гӀолохъанал гӀалимзабазегун хӀафизазе гьоболлъи гьабуна Дагъистан республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Данделъиялда шайих АхӀмад-афандица баркана щварал бергьенлъаби ва бицана диналъе...


Шайих Ахlмад-афанди

Дагъистан гвангъараб Файизалъул нур, Дуниялго цIураб Иршадалъул бакъ. ГIаламго баччарав Къуватав устар, ХIакъалде ахIулев ГIелмудал ралъад. Дир хирияв устар, АхIмад-афанди. ХIакъаб иршадалъул Камилав устар. Нижер ургъел гьабун ГIумру кIочарав, Нижер ургъел гьабун Гьарделев...