Аслияб гьумералде

ХIакъикъияб талихI

ХIакъикъияб талихI

ТIадегIанав Аллагьас дунял буго нилъее дагьаб заманаялъ кьураб жо. Нилъер хIисабалда рекъон 70-80 сонги гIумруялъул кIудияб жолъун бихьун рукIуна нилъ, амма гьеб нигIматги Аллагьас кинасего гуро кьолеб. Хасго гьаб буго тохлъукьего хвелал гIемераб, нагагьал балагьаздалъун къокъидго чиясул гIумру лъугIулеб заман.

Гьединлъидал Аллагьасде гIагарлъизе яхI бахъарасда гурони ахираталъул талихI батиги цIакь щакаб буго. Амма Аллагьасул гурхIелалда божун ругони, цадахъ гьабулеб гIамалалъулъ тохлъиги биччан, Аллагьасул макруяль гуккизеги рес буго. Щивав чиясул гIумруялъул мурад букIуна сундулъго талихI бати.

Гьеб талихI балагьулаго уна нилъер гIумруги. Гьаб заманалдайин абуни, талихIавлъун рикIкIуна гIарац гIемерав чи. Гьединаб хIукмуги къотIула тIаде балагьун. Нилъерго беразда бихьулеб кьагIидаялъ кьолелъулха нилъеца сундуего къимат. Амма щивав чиясул букIуна жиндирго ракIалъул ургъел, каранзул къварилъи ва пикрабазул рахIат гьечIольи.

Гьеб абуни якъинльуларо хIакъикъат лъачIого. Нилъ Аллагьас рижун руго Жиндиего лагълъи гьабизе. Диналъул хIукъукъал тIуразе нилъее квегIенлъи букIине буго Аллагьас ракьалда бижанщинаб махлукъат инсанасе мукIур гьабурабги.

Гьеб кинабго берцинго нухда бачине гIакълуги кьун Аллагьас инсан кIодо гьавун вуго. Гьебго заманалда нилъер пикру букIуна дунялалда бугеб Аллагьасул махлукъаталда кверщел цIикIкIарав, Аллагьас ризкъи кьун кIодо гьавуравгIан чи тIадегIанав вугин абураб, ай бечедав чи тIокIав, цIакъав вукIунин ккола гIемерисезда.

КигIан гIемерабги бечелъиги тун дунял рехун тедал, щибха инсанас цадахъ босулеб!? КIиго натI ххамил - гьеле инсанас цадахъ босун унеб жо. Гьебгиха, бецIаб лахIтудул гвандинибе.

Амма инсан хваниги хвезе рес гьечIеб жо цо буго. Щивав инсанас тола хвел гьечIеб лъалкIги дунялалда. Гьебги буго инсанасул гIамал. ЛъикIаб гIамал гIемерав чи хведал нилъ пашманлъула, лъикIав чи хванин къварилъула. Квешав чи хванин рагIаниги пашманльула, гьесда ракI гурхIиялъ, гьес нахъа тараб гIумруялда къварилъун.

Амма дунялалдаги талихIав, ахираталдаги талихIалъул байрахъ кодоб щварав вуго жиндие Аллагьас кьураб ресалъухь балагьичIого Аллагьасе гIоло лъикIаб гIамал гьабиялда тIадчIей гьабурав чи. Аллагьас жиндие кьураб ризкъиялъул гIемерлъи-дагьлъи хал гьабичIого Аллагьасул нухда гьеб хвезабулев чи.

Бищунго инсанасул ракIалъе рахIатги парахалъиги щолеб, живги хIакъикъаталда талихIав чи вугин абизе кIолеб даражаялде вачунеб жолъунги ккола лъикIльи гьаби. ЛъикIлъи гьаби мискинпакъирасе, унта-щокъасе, кумек хIажатасе, нахъасан кверчIвай гьечIесе. Гьеле унго-унгояб талихI!

Хирияв Аварагасул хIадисалда буго: «Инсан хведал, гьесул киналго гIамалал къотIун ккола, лъабго жо хутIизегIан. Гьелги руго билълъунеб садакъа (ай, жив хваниги нахъе ругез жиндаса мупагIат босулеблъун бугеб), нахъе тараб гIелму-лъай ва гьесул битIараб нухда ругел лъимал, ай жидеца гьесие дугIа гьабулел».

Бечедав чиясда цIехон буго бищун талихIавлъун мун кидал вукIаравин абун? Гьес абун буго жинда гIумруялъулъ дандчIванин ункъо батIияб свери, жидеда жанибги дида талихIалъул магIна бичIчIарал.

  • Гьебги кколин, тIоцебесеб - ракIалъе бокьараб босизе рес щвей.
  • КIиабилеб - бищун хириял, берцин рихьарал жалазда тIад бетIергьанлъи гьабизе рес щвей. Амма жинда бичIчIанин гьездалъун бугеб талихI заманалъул жо букIин.
  • Лъабабилеб - чIахIичIахIиял проектазул бетIерльун вахъин, кIудиял курортазул хважаинлъун лъугьин, спорталъулъ машгьурал командабазда кверчIвалевлъун вукIин. Амма гьеб киналдаго жанибги батичIин жинца балагьулеб букIараб талихIги рахIатги.
  • Ункъабилеб - цо нухалда жинда гьудулас гьаранин унтарал лъимал доре-гьанире рачунел бакIал росизе гIарац биччайилан. Жинца сундухъго балагьичIого кьунин гьеб гIарац. Гьелдаса хадубги гьудулас гьаранила гьел коляскаби лъималазе кьезе цадахъ вилълъайин. Гьудуласул гьариги тIубазабун анила гьесда цадахь. Гьениб унтарал лъималазул бадиб бугеб рохелги, гьезул гьурмада кенчIолеб талихIги бихьун жив хIайранлъанила. Цинги ниж гьениса нахъе унелъул цо лъимер бохдузда хурхун чIанила ва гьелъ абунила жиндие бокьун буго дур гьумер ракIалда чIезабизе. Алжаналда дандчIвараб мехалда дуе цоги нухалда баркала кьезе букIине абун. Гьеб мехалъин абуни жив вукIанила бищун кIудияб талихIги гьелда жаниб рахIатги батаравлъун.

ПАТIИМАТ ХIАСАНОВА

2026-08-01 (Сафар 1448 с.) №15.


ТалихIкъосин, балагь-къварилъи, унта-щокълъи

Унти буго Аллагьасул ﷻ рахIматазул цояб, гьелъ загьир гьабула инсанасул загIиплъи ва хIалкIвей гьечIолъи. Унти рикIкIуна гIицIго черхалъул къварилъилъун гуребги, иман щула гьабизе бачIараб хIалбихьилъунги мунагьал чурулеб алатлъунги. ХIадисалда бицараб кинниги, унтараб мехалъ сабру гьабиялъ...


Суал-жаваб

МагIна бичIчIуларел Къуръаналъул аятазе ва хIадисазе кинаб хIукму бугеб? Цогидал аятазда релълъун гьезул тафсир гьабизе бегьулищ? Гьел аятазде ва хIадисазде нилъеца иман лъола ва гьелъул хIакъикъат ТIадегIанав Аллагьасде ﷻ тIамун тола. Гьединал аятазе ва хIадисазе баян тафсир гIалимзабаз кьечIо....


Казияталдасан пайда щвана

ГъазМухIаммадов Жамалудин ккола Хунзахъ районалъул Харахьи росулъа. ЦIалана экономистасул махщалие. ХIалтIана батIи-батIиял идарабазда бухгалтерлъун. ГьабсагIаталда гIумру гьабун вуго ЦIияб Хушет поселокалда. Кидаго букIана спорталъулгун щулияб гьудуллъи. Гьанже нахъацин гIолохъабазда кIоларел...


Нужее баяналъе

  Аллагьас ﷻ тIоцеве витIарав расул щив? – НухI авараг. Гьев вугев заманалда щиб ккараб дунялалъе? – Дунял гъанкъана. Аварагзабазул рикIкIен рехсараб аят щиб? – Сура «ан-Ниса». Щиб сураялъулъ кIиго нухалъ басмала рехсараб? – Суратул...


РекIелъ букIунеб

РекIелъ букIунеб Бусурбанчияс жиндирго хасият-гIамал берцин гьабизе ккола. Аллагьасдаса хIинкъи буго бищун лъикIаб зад инсанас цадахъ босулеб. ТIадегIанав Аллагьасги ﷻ абидал, Гьесдаса хIинкъи (такъва) бищун лъикIаб задлъун бугин.   Къуръаналда буго (магIна): «…Бищун лъикIаб...