Аслияб гьумералде

Аллагьасде ﷻ тIамуге

Аллагьасде ﷻ тIамуге

Дунялалъуб рокъоб нилъедаса лъугьунеб гIамал букIуна нилъецаго гьабун ва кинаб гьабуниги, гьабураб нияталдаса бахъараб. Нилъ ругьунлъун руго, хасго гьаб заманалда, кинаб иш лъугьаниги Аллагьасул ﷻ къадарин абун гьеб БетIергьанасде ﷻ тIамизе. Пуланаб иш гьабулелъул киса нилъеда лъалеб гьеб иш лъикIаб рахъалдасайищ яги квешаб рахъалдасайищ гьабизе Аллагьас ﷻ къадар гьабун букIарабали?! Гьединлъидал кантIе, гIамал гьабизе ихтияр кодобе кьурал нилъго рукIиналде.

ГIарабазул аби буго: «Аллагьасде ﷻ таваккал тIаме, вараниги бухьун те», - ян абураб. Пикру гьабурасе магIна гъваридал рагIаби гьечIищ?! Рехселин цо-кIиго хIикматаб къиса.

Цо нухалъ Сулайман аварагас цIунцIараялда цIехон буго кигIанасеб къадар дуе моцIалъ бетIербахъи гьабизе къваригIунебин абун. ЦIунцIраялъ абун буго цо кIудияб ролъул мугьгIанасеб жо кваналин жинцайилан. Гьеб гурони кваналареблъиялда гIажаиблъарав ва гIемерго божизе кIвечIев Сулайман аварагасул пикру ккун буго цIунцIраялъул хIал бихьизе. ЦIорол гьабураб цIарагIги босун, Сулайманица цIунцIра гьенибе гъола ва цо ролъул мугь цебеги рехун, гьава инесеб каратI гурони течIого, цIарагIалъул кIалтIу щула гьабула. Гьединаб хIалалда уна моцI ва хадуб бихьаралъ Сулайман жеги гIажаиблъизавула.

КIалтIу рагьун халгьабидал, цIунцIраялъ ролъул мугьалдаса бащдаб гурони кванан батуларо. Дуца гурищ абун букIараб моцIрое цо ролъул мугь кваналин, гьанже щайха бащдаб нахъе тарабин цIехедал, цIунцIраялъ абула, я Аллагьасул ﷻ аварагин, эркенлъиялда букIаго дица БетIергьансде ﷻ таваккал гьабулаанин ва Гьесул ﷻ нигIматаздаса кваназеги кваналаанин, божараблъунги букIунаанин Гьес ﷻ бакъун теларин абун. Амма гьаб моцIалъ абуни, гьеб кинабго дуца тIаде босана. Бугониги, Аллагьасде ﷻ таваккал гьабиялдаго цадахъ дун хIажатаблъун букIана дуда кIочон батиларин абураб жоялде ва дур ритIухълъиялде. Дица пикру гьабуна дуда дун кIочон тезе бегьулин ва моцI индал цIарагIги рагьиларин абураб жоялъул. Гьединлъидал, кигIан захIмат букIаниги, дица хIукму гьабуна ролъул мугь цIунизе ва дагьабго къадар кванан чIезе.

Халгьабе, Аллагьасде ﷻ бугеб божиялдаго цадахъ, цIунцIраялъул букIун бугеб цIодорлъиялъул ва гьабулеб букIун бугеб гIамалалъухъ. КIудияб вагIза гьечIищ?!

ВукIун вуго цо дарбиш. Гьесул гIадат букIарабила киса-кивего ваккарулеб. Гьедин унелъул цадахъ вачунев цо цIалдохъанги рекIунеб вараниги букIун буго гьесул. Дарбишас цIалдохъанасда кидаго малъулеб букIун буго: «Аллагьасде ﷻ божилъи гьабе. Кинаб хIалалде кканиги Гьесде ﷻ таваккалги тIаме», - ян абун. Амма щибаб нухалъ цадахъ вачунелъул гьес цIалдохъанасе шартI гьабулеб букIун буго къаси хIухьбахъизе чIаралъуб варани бухьине.

Иргадулаб нухалъ сапаралде рахъаралъуб, тIубараб къоялъ вилъун свакарав цIалдохъанас, «Аллагьасде ﷻ божилъи гьабе. Кинаб хIалалде кканиги Гьесде ﷻ таваккал тIаме» абурал учителасул рагIаби ракIалдеги щун, варани бухьинчIого тола. Радал рахъиндал гьезда варани батуларо.

Цинги дарбишас абула щай дуца варани бухьинчIебилан абун. Бабадилаго мацIгун, лъухьулаго габургун, цIалдохъанас жаваб кьола: «Дуца гурищ дие кидаго такрар гьарулел рукIарал «Аллагьасде ﷻ божилъи гьабе. Кинаб хIалалде кканиги Гьесде ﷻ таваккалги тIаме», - ян абурал рагIаби ва сваканги вукIун, дица варани Аллагьасде ﷻ божилъи гьабун тана», - ян. Гьимулаго дарбишас абула: «Аллагьасде ﷻ божилъи гьабе, амма вараниги бухье», - ян. Хадубги абула: «Щаяли лъалищ? Щайгурелъул гьеб бухьине Аллагьасул ﷻ, дур гурел, цоги кверал гьечIо», - ян.

АхIмад Къурбанов

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Якьадги росги   Дир якьадалъе бокьун букIана жиндирго квартира къачIан лъугIизабизе ва гьелъ нижеда гьарана кумек. Дир росас, дидаги гьикъичIого, хIажатаб гIарац къарзалъ кьуна. ЛъагIел ана ва гьеб гIарац нахъбуссинабизе гIедегIунев чиги гьечIо. Дир рос нечола ракIалде щвезабизе ва дида...


РакI чIаго гьабулеб

Гьаб заманалда гIемерисеб мехалда дунялалъул ишазда сверун лъугьун рукIиналъ нилъ лъугьунел руго аслияб иш кIочон толеллъун. Нилъер ракI буго черх чIаго гьабун би жиндасан сверулеблъун гуребги иманалъул ракIбацIцIалъиялъул унго-унгоял бусурбабазул хасияталъул бакI ва нилъ Халикъасда ﷻ хурхинарулеб...


Сахаватав инсан

Нижер росулъа сахаватав инсан Чарандал вас ГIамиргIалица жиндирго инсул букIараб мина къачIазеги къачIан кьуна росдал мадрасалъе. Киналго росдал гIадамал кутакалда рохун ва разиго руго ГIамиргIалица гьабураб гьеб баракат цIикIкIараб ишалдаса. Гьанже рес рекъана мадрасаялда лъимал ва чIахIиял...


Суал-жаваб

Хабалъ ракIгъеялъул как кин балеб? ШафигIияб мазгьабалъул кIудияв гIалим Сайид МухIаммад Журданияс «ФатхIул ГIаллам» абураб тIехьалда хъван буго: «Гьел суннатал каказдасан ккола хабалъ ракIгъезабиялъул какги. Аварагас ﷺ абун буго: «Хварасе тIоцебесеб сордоялдаса захIматаб...


Якутскиялда «Лъаялъул сордо»

Якутскиялъул аслияб мажгиталда тIобитIана МухIаммад аварагасул ﷺ хIурматалда «Лъаялъул сордо» абураб цIаралда гъоркь тадбир. Гьелда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул муфтияталда цебе бугеб регионалияб цебетIеялъул департаменталъул нухмалъулев АхIмад Надирбеговас ва гьесул заместитель ГIизраил...