Аслияб гьумералде

ЖамагIат биччазе бегьула...

ЖамагIат биччазе бегьула...

ЖамагIаталде унарезе насихIатлъун рехсезе бокьун буго гьитIинабго къиса. Щайгурелъул, цо-цояз абулеб рагIула жамагIат-как гьедигIан кIвар бугеб жо гурин. Кинниги гьеб мекъаб пикру буго.

Как ккола диналъул хIуби. Юнус аварагасул къиса рехсолеб бакIалда ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абуна: «Гьев вукIинчIевани тасбихI гьабулездасан, Къиямасеб къо тIаде щвезегIан гьелъул (киталъул) чохьонив хутIилаан», - абун. Гьеб тасбихI гьабулел гIадамал какал ралел гIадамал ругин баян кьуна ибну ГIабасица. Гьеб аяталъул магIна ккола Аллагь ﷻ рехсолев чиясе Аллагьас ﷻ захIматаб бакIалдаса нух бахъулин абураб. Жинцаго как биччаялъул бицинего бицинарин, жамагIат биччалезе букIунеб зарал ва гьелде хьвадулезе бугеб пайда рехсела, нилъго кантIиялъе букIине.

ЖамагIаталда тIадчIей гьабулезе ТIадегIанав Аллагьас ﷺ кьола щуго жо:

  1. МагIишаталъул ургъел тIаса босула.
  2. Хабалъ букIунеб гIазаб нахъе босула.
  3. Кваранаб рахъалдасан ТIехь кьола.
  4. СиратIалдасан пиригIадин уна.
  5. ХIисаб гьечIого, Аллагьасул ﷻрахIматалдалъун, алжаналде уна.

ЖамагIат биччалезул Аллагьас ﷻ хIал бихьула 12 жоялдалъун: лъабго - дунялалда, лъабго - хвалида аскIоб, лъабго – хабалъ, лъабго - Къиямасеб къоялъ. Дунялалда хIалтIулъги ризкъиялъулъги баракат нахъе босула. Къабул гьаруларо гьесул цогидал гIамалалги. Гьурмадаса берцинлъи, ай нур нахъе босула ва гIадамазул рекIелъ къабулавлъун вукIунаро. Масала, сунде бугониги гьев хIажалъани, цогидас гьесие кумек гьабичIого букIине рес буго. Щайгурелъул, Аллагьас ﷻгьесул рекIелъ гьесдехун гьуинлъи лъун гьечIо, гьес жамагIаталъулъ кIарчанлъи гьабулеб букIиналъ. Холелъулги вакъун, къечон, захIматаб хIалалда бахъула гьесул рухI. Мункар-Накирасул суалазе жавабал кьезе захIмалъула, хоб бецIлъула ва бакI къварилъула.

Къиямасеб къоялъ хIисаб захIмалъула, БетIергьанасул ﷻ ццим бахъи букIуна ва Аллагьас ﷻ гьесие тамихI гьабула. Как ккола нилъер цIадираби. Гьеб берцинго бан тIубазабулеб бугони, цIадираби бакIлъула, ай цIадирабазул лъикIаб рахъ бергьуна. Аллагьасул ﷻ вали Гьишам бин ГIурват вукIана как халат гьабун балевлъун ва гьес абулаан: «Как ккола магIишат лъикIлъиялъе бищун кIудияб сабаб», - илан. Нилъеца Аллагьасул ﷻ амраби тIуралел ругони, ургъелцин гьабизе кколаро магIишаталъул. МагIишат гIемер бугони, амма Гьесул амраби тIуралел гьечIони, Аллагьас ﷻ гьев ургъаликье ккезавула. Гьелдасаги нилъ цIунаги.

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...