Аслияб гьумералде

Магниталъулаб полеялъул гьаракь хъвана

Магниталъулаб полеялъул гьаракь хъвана

ЦебетIураб техника сабаблъун жакъа инсанасухъа бажарула батIи-батIиял гIелмиял жал рагьизе. Амма гьаб заманалда космос тIубанго квегъизе ва лъазабизе бажаруларо. Гьеб кутакалда кIудияб бакI бугелъулха, нилъеда гьелъул хIакъалъулъ бицинецин хIалги кIоларо.

 

Дагьаб цебегIан Даниялъул техникияб университеталъул гIалимзабазухъа бажарун буго дунялалъул магниталъулаб полеялъул къиркъидулеб гьаракь хасаб алаталде хъвазе.

Гьез ичIго соналъ лъазабун буго гьеб гIелму. Гьеб лъазабизелъун тIадгьаваялде биччан букIана лъабго батIияб спутникги. Гьез дунялалъул ядроялъул гьаракь гуребги, мантиялъулги океаназулги гьаракь хъвалеб букIана.

Гьелъул гьаракь релълъуна маххуда тIад ганчIал речIчIулеб гIадинаб гьаркьида. ГIенеккизе бокьараз интернеталдаса гIинтIамизеги бегьула. Гьединаб гьаракь гьелъул букIиналъул хIакъалъулъ аварагасги ﷺ  баян гьабун букIана.

ТIабаранияс бицараб хIадисалда буго: «РагIулеб бугищ нужеда дида рагIулеб гьаракь? Дида рагIулеб буго зодосан гьаракь, гьелда гIайибчIвазе бегьуларо. Щайин абуни, гьениб рокьогIанасеб бакI гьечIо малаикзабаз Аллагьасе ﷻ тIагIат гьабулареб», - ян («МугIжабул Кабир»).

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...