Аслияб гьумералде

Питнаялъул заман

Питнаялъул заман

Питнаялъул заман

Нилъ ругеб заман ккола жиндилъ кIудиял балагьал, чIвай-хъвеял, рагъал ругеб мех. ГьечIинги кин абилеб, балагье 2019 соналдаса нахъе чан батIияб балагьаб лъугьа-бахъин ккарабали. Жакъаги гьел балагьал бакI-бакIазда кколел руго. Гьелъул пикру гьабизе заман щвана, хасго Аллагьасул нух кквезе ва аварагасул ﷺ суннаталда тIадчIей гьабизе.

 

Гьанже мунагь гьаби гIадатияб жолъун буго. Цебе ничлъун рикIкIунеб букIараб жо жакъа гIадатияб мунагьлъун лъугьун буго. Гьел мунагьал нилъеда жанир гIемерлъани ва дунялалда хадурги рилъани, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ нилъеде тIаде чанго балагь биччала. Кинабго жо цебетIун бугониги, динияб лъавукълъи бусурбабазда гъорлъ камулеб гьечIо.

Аварагас ﷺ нилъеда лъазабуна бачIине бугин дин цIунизе захIматаб заман, кодоб бухIараб цIул кквезе захIмалъулеб гIадин. Гьеб заман тIаде щолеб буго, хIатта щунги батила.

Аварагас ﷺ лъазабуна гьединаб питна бугеб заман бачIине бугин ва насихIат гьабуна щиб гьабилебали.

 

 

 

Аллагьас нилъеде тIаде чанго балагь биччала

 

 

 

Абу Давудица ва Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Аварагас ﷺ хутIба гьабидал асхIабзабазул берал магIил цIуна ва ургъел ккана. АсхIабзабаз абула гьеб ахирисеб хутIбаялда релълъун бугин, гьабейин нижее насихIатилан. Аварагас ﷺ абула: «Хадур хутIаразда бихьизе буго дагIба-къец, кьал. Гьелъ нужеца аварагасул суннат кквей ва халипзабазулги нух кквей», - ян.

Нилъеда лъазе ккола аварагасда ﷺ Аллагьас ﷻ лъазабураблъи питна, дагIба-къец, чIвай-хъвей, ракьал рагъарулеб заман бачIине бугеблъи. Аварагас ﷺ гьебги бичIчIун нилъедаги лъазабуна суннат кквейилан абун. Питнаялъул заманалда гьабулеб гIибадаталъул кири цIикIкIун щола. Жеги кIочене бегьуларо дунялалда нилъер бугеб мурад, гIицIго ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ тIагIат гьаби букIин.

Гьединаб питнаялъул захIматаб заманалда цIакъ кIвар бугеблъун ккола цолъи. Нилъ руго цо дин бугел вацал. Бусурбаби ккола цо черх ва цоцазул тIалабги гьабизе ккола, хасго гьадинаб заманалда.

Абу СагIид Худрияс, аварагас ﷺ абунин, бицана: «ТIаде бачIине буго цо заман, бусурбанчиясул бищун лъикIаб боцIилъун чахъаби рукIунел, мугIрул-щобазде цIад балеб бакIалда тIурун ун жиндирго дин цIунун», - ян. (Имам Бухари)

Гьеб хIадисалда баян гьабуна ватIалъиялъул хиралъи питнаялъул заманаялъ, гьеб питна чIезабизе бажарулел гIадамазе хутIизегIан. Рес бугезда тIадаб буго питна чIезабизе. Питна бугеб мехалъ къвакIун чIезе бажарулев чиясе гIадамазда гьоркьов вукIине лъикIаб буго. Бажарулеб гьечIони, жиндирго дингIаги цIунизе тIурун ине ккола гIадамал гьечIеб бакIалде. Гьеб ахIвал-хIал щивасул батIи-батIияб букIина.

Абу Давудица бицараб хIадисалда буго талихI бугев чи вугин питнаялдаса рикIкIад вугев чийилан абун. Гьединго ГIали-асхIабас абуна: «Умматалъ хIехьезе буго 5 питна. ТIоцебесеб, гIаммаб питна букIине буго. Хадуб, хасаб питна, хадубги - гIаммаб питна ва цинги - хасаб питна. Ахирисеб питна букIине буго гIадамал хIайваназда релълъараб», - ян. ГьедигIан вахIшияб, хIайванал гIадин гIамал къосараб гIадамал рукIине руго.

Ахиралдаги, нилъеда лъазе ккола дунял бокьи питна ккеялъе сабаб букIин. Щайин абуни, аварагас ﷺ абун буго жив хIинкъун гьечIин нуж куфруялде ккеялдаса, амма хIинкъун вугин бусурбаби дунял сабаблъун дагIба-къец гьабулеллъун рукIиналдаса. (Бухари 4042)

Дунялалда хадур лъугьун бусурбабазда кIочонеб буго шаригIаталъул амраби. Дунялалда хадур лъугьиндал нилъеда тIаде щиб баракатги бачIинеб?

Жакъа гIарцуца, хIакимлъиялъ, жиндаго лъачIого, диналдаса кьуриялде вачунев ватула. Аварагас ﷺ абуна, гIамал гьабун питнаялдаса цере айин, радал бусурбанлъун вукIарав къаси куфруялда ватизе бегьулин, ай жидеца дин бичарал дунялалъул бечелъиялъухъ. (Имам Муслим)

Нилъеда лъазе ккола питнаби рукIине ругеблъи. Аварагас ﷺ рехсана Къиямасеб къо гIагарлъиялъул гIаламатал. Гьезда гьоркьор руго питнаби, балагьал, рагъал, ракь багъари ва цогидал тIабигIиял балагьал. Гьеб нилъее бокьаниги бокьичIониги ккезе буго. Нилъеда тIадаб буго ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ дин кквезе, Аварагасул ﷺ суннаталда тIадчIей гьабизе.

 

 

 

Питнаялъул заманалда гьабураб тIагIаталъухъ кIудияб кири буго

 

 

 

Питнабаздаса кин цIунилел?

ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ нух ва аварагасул ﷺ суннат кквезе ккола. Аллагьас ﷻ абун буго Къуръан бугин нужее хIакъикъияб къанун ва нухилан абун.

Цоги, Аллагьасдаги ﷻ ва Къиямасеб къоялдаги божаразе нужее Аварагасулъ ﷺ бугин бищун лъикIаб мисалиланги абун буго.

Къуръан-хIадис ккола бищун лъикI питнаялдаса нилъ цIунулеблъун. Диналда тIадчIей гьабичIони, нилъер цолъиги къуватги букIине гьечIо. Жакъа нилъ рикь-рикьун руго. Гьелъ Къуръанги хIадисги бичIчIарал гIалимзабазда хадур нилъ рилълъинеги ккола. Аварагас ﷺ абуна: «Питнаялъул заманалда гьабураб тIагIаталъухъ кIудияб кири буго гьижра гьабураб гIадинабго», - ян (Муслим).

Нилъеца гIемераб дугIа гьабизе ккола. Абугьурайратица бицана: «БачIине буго питнадул заман, жиндаса сунцаго хвасар гьавулареб, гъанкъулес гIадин дугIа гьабичIони», - ян.

Гьелъ цо-кIиго дугIаги гьабун течIого, къойида жаниб чанго дугIа гьабизе ккола. ДугIа гьабизе хириял гIужал хIалтIизаризе ккола. Щайин абуни, гьел гIужал рукIун Аллагьас ﷻ дугIа къабул гьабизе рес бугеб. Гьединго щаклъи бугеб, нилъеда лъалареб жо тезе ккола. Хасго интернеталъул гьаб заманалда. Гьениб битIараб баян мекъаблъун бихьизабула ва гьединго гIаксалдаги. Сундулъго нилъ рукIине ккола лъай бугеллъун, цIодораллъун. Аллагьас ﷻ кумек гьабеги.

КIвараб куцалда кумек гьабизеги ккола. Масала, «Инсан» фондалъ Палестинаялъе кумек гьабизелъун гIарац бакIарулеб буго. Цо къойида жаниб 20 000 000 гъурущцин бакIарана. Гьеб рахъалдеги нилъеца кIвар кьезе ккола.

 

Шамил МухIаммадов

 

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Иргадулаб кумек

Хасавюрт районалъул ва шагьаралъул имамзабазул советалъул председатель Аргъваниса МухIаммадил хIаракаталдалъун, иргадулаб кумек битIана СВОялда ругел нилъер рагъухъабазе. Районалъул имамзабазул советалъул председателас, гьеб лъикIаб ишалда гIахьаллъи гьабунщиназе, ракI-ракIалъулаб баркалаги кьун,...


БачIине бугеб къо

Бусурбабаз иман лъезе кколелдасан буго Къиямасеб къоялъ щибаб махлукъат Аллагьас ﷻ гIарасаталде бахъинабизе бугеблъиялда. Дунялалда нилъ руго заманалъ гIумру гьабизе риччараллъун.   Нилъер иманалъул аслияб магIнаялъул цояб ккола: «Инсан хвезе вуго дунялалда жинца гIумру гьабураб хIалалда ва...


ХвезегIан хьитал ретIинчIев

ЦIар рагIарав гIалимчи Ибрагьим ХIарбияс бицана Бишр бин ХIарисияс абулеб рагIанин: «Нилъедаса ратIаралъарал цо-цо чагIи ракIалде щведал, ракIал чIаголъун рачIуна. Амма руго цо-цо чагIи жал рихьидал гIадамазул ракIал холел», - ян.   Гьаб макъалаялда бицен гьабизе бугевги ккола...


Наркотиказде данде

ЛъаратIа районалда, диниял хIаракатчагIазул квербакъиялдалъун, тIобитIана школлъималазе наркотиказда данде къеркьеялъул бицунеб дарс. Гьединаб мурадгун Гъараколоб росдал школалде рачIун рукIана ДРялъул муфтияталъул ЛъаратIа районалда бугеб лъай кьеялъул управлениялъул ва «Инсан»...


Рагъухъабазе кумек гьабулеб ателье

ГӀумарасхӀабги гьесул лъадиги руго нилъер рагъухъабазе кумек гьабулел чагIи. Гьез гьабулеб ишалъул хIакъалъулъ рагIидал, ният ккана гьезухъе щвезе ва гара-чIвари гьабизе.    – ГIумарсхIаб, рагъухъабазе кумек гьабизе ккелин абураб пикруялде кин нуж кантIарал? - Нижер буго «Баракат» абун цIар...