Аслияб гьумералде

Унго-унгояб талихI

Унго-унгояб талихI

Унго-унгояб талихI

Цо чи вуго къуватаб ярагъгун хIинкъараб сапаралда. Гьесда цадахъ вуго, гьев цIунарав хъаравулги. Гьединаб мехалда гьев чиясе абизегIанасеб хIинкъи букIинароха. Нилъер гьаб заман буго гIемерал къварилъаби жанир ругеб. Жакъа гIадамалги руго рухIияб рахъалъ жагьилго.

 

Хъизамалда руго ричIчIунгутIаби, гIагарлъиялъул руго барщарал. Амма киналго руго дунялалда рахIат балагьулел, талихI къваригIун. Цо-цоязда ракIалде кколеб буго бечелъиялъулъ букIунин талихIилан абун. Цогидаз гьеб балагьулеб буго хъулухъаздалъун, лъабабилез - дунявиял шагьаватазда жаниб. ХIакъикъаталдайин абуни, талихI букIунаро дунялалъул жалазулъ.

Пуланав бечедав чи гьалмагъас вачуна бесдал ва унтарал лъималазе кумек гьабулеб бакIалде. Гьес унтарал лъималазе коляскабиги росана. Цинги гьев чияс гьадин бицунеб буго: «Дица цоясда аскIоб лъуна гьеб. Дихъ балагьун чIана гьев. Дида бичIчIана гьесда жиндаго гьелда рекIине кIолареблъи. Дица, кодовеги вачун, рекIинавуна гьев. Нахъе унаго гьес дир квер ккуна ва къвал бана. Гьеб мехалда дие цо гIажаибаб асар гьабуна. РакIалде ккана дидаса талихIав чиго ватиларин абун».

Инсанасда бичIчIизе ккола сундуе гIоло жив ракьалде витIун вугевали. Гьелъул хIакъалъулъ Аллагьас Къуръаналда абун буго: «Дица гIадамалги жиналги рижичIо гIибадат гьабизелъун гурони», - ян. Цо-цо гIалимзабаз абула гIибадат абураб рагIул мурад магIрифат, ай Аллагь лъай бугин абунги.

Халкъалъул хирияв Авараг ﷺ БетIергьанас гIемерал хIалбихьиязде ккезавуна, къварилъаби тIаде риччана. Сундуе гIоло? Хириясул ﷺ макъам жеги цIикIкIинелъун. Гьединлъидал нилъеда бичIчIизе ккола дунял рахIаталъул бакI гуреблъи. Амма Аварагасдаса ﷺ талихIав чиги вукIинчIо дунялалда. Гьесда ﷺ бичIчIулеб букIун ахираталда кьезе бугелда дандеккун, дунял цIакъго гьитIинаб жо букIин. Хириясда ﷺ лъалеб букIана киналдаго нахъа БетIергьан Аллагь вукIин. Кинабго Аллагьасдасан букIин лъаялъ бищун талихIавги вукIана халкъалъулго хирияв ﷺ.

ГIалимзабаз рехсолел руго дунялалда талихIавлъун вукIине бокьани цIунизе кколел цо-цо шартIалги.

 

Аллагьасул ﷻ амраби тIурай

ХIадисул къудсиялда хъван буго: «Дир валиясда тушманлъи лъазабурасда Дица рагъ лъазабулеб буго», - ян. Нилъеда лъаларо Аллагьасул вали щив вугевали. Гьединлъидал щивав чи вокьизе ккола нилъее Аллагьасул лагъ вукIиналъ, Аллагьасе гIоло.

Аллагьас ﷻ абун буго: «Лагъ Диде гIагар гьавула паризаял жал тIураялъ», - ян.

Хъулухъчиясул бербалагьи дудехун лъикI букIине бокьани, щиб гьабулеб? Досие бокьулеб, дос тIадкъараб тIубазабула. Гьединго тIубазе ккеларищ БетIергьанасул амруги. Гьеб тIубалев чиги вукIинарищ бищун талихIавлъун.

 

Суннатаб гIибадат гьаби

ХIадисул къудсиялда буго: «...лагъ диде гIагарлъула суннатал тIураялдалъун, хIатта гьесул бер Дир берлъун лъугьинегIан (Аллагь разиялде гурого балагьиларо), гьесул кIал Дир кIаллъун лъугьинегIан (Аллагь разияб гурого бицинаро) ...», - ян. Аллагьасде чи гIагарлъиялъул гIаламат буго - лагъасул гIамалалъулъ Аллагь разилъи букIин. Аллагь разилъиялъул мурад дир гIамаллъун бугони, тIаде рачIунел захIмалъаби балагьлъун рукIинищха. Дир мурад Аллагь лъай тIалаб гьабилъидалха бугеб. Аллагь рази гьечIеб гIамал букIуна балагьлъун.

 

Аллагь ﷻ гIемер рехсей

 Аллагь ﷻ гIемер рехсей буго БетIергьан Аллагьас Къуръаналдаго малъулеб (магIна): «Гьединал гьел иман лъурал гIадамал, жидер ракIазе рахIат батулел Аллагь рехсеялдалъун. Аллагь рехсеялъ гуребищ ракIазе рахIатгун парахалъи кьолеб?»

 

Къуръан гIемер цIали

Аллагьас ﷻ абун буго: «Къуръаналъуб дица рещтIун буго гIадамазе рахIматги сахлъиги жиндалъун бугеб бутIа», - ян.

Гьеб цIалиялдалъун гIадамазе сахлъиги щолеб рахIматлъунги бугеб. Тохтурзабаз абулеб буго чиясул аслияб сахлъиялъул жавабияб бугила иммунитет, гьебги цIикIкIунеб яги дагьлъулеб букIунила чиясул рухIияб рахъалда рекъон. Ургъел-пашманлъиялда вугони загIиплъулеб, рохел-разилъиялда щулалъулеб. Цинги Къуръан цIалиялдалъун гьесул рухIияб рахъ лъикIлъулеб ва иммунитетги щулалъулеб буго.

 

ГIадамазе лъикIлъи гьаби

 Гьелдаса кIудиябги лъикIабги иш щибха букIинеб.

 

Къойил щуябго как бай

Какалги разе ккола ракI-ракIалъ, магIна бичIчIун, хIузуралда. ХIадисалда бугеб гIадин: «Муъминчиясе какдасан гьечIо бичIчIараб къадар гурого», - ян. Нилъеца гьабулеб хIалтIул пикрабигун рала какал. Кин арабали лъачIого ун батула гьеб заман. Какил щолеб жоги батуларо. Как бухьунеб такбиралда Аллагь ракIалде щолев вугони, пайда щола. МагIна бичIчIун АлхIам цIалани, пайда щола. Хирияс ﷺ абун буго Билал-асхIабасда: «Я Билал! АхIе нижее как, нижер ракIазе парахалъи щвезе», - ян.

 

Аллагь лъаялде щвей.

Жив жиндирго напсалда тIад хIалтIун, ракI къачIан, гIибадаталда жаниб хIузур-хушугI бачIинабун. Гьелда абула тIарикъатилан. ТIахьазда хъван батула тасаввуфилан, ихласилан, ихIсанилан, сулукилан абун, ай дуца БетIергьанасе гIибадат гьабийин дуда Гьев вихьулев вугев гIадин. Вихьулев гьечIониги Гьесда мун вихьулевлъидалха. Байбихьуда нилъеца хIинкъараб сапаралде вахъарав чиясул мисал бачана. Кодоб ярагъгун, хъаравулгун унев чи кинаб божилъиялда вукIунев? Гьеле ихласалда гIибадат гьабулев чиясул мисал. Щиб ярагъха нилъехъ бугеб? Гьайгьай, дугIа! Гьеб буго нилъер бищун къуватаб ярагъ. ГьитIинаб жолъун бихьулеб буго нилъеда гьеб. Ва амма Аварагас ﷺ абун буго: «Муъминчиясул ярагъ дугIа буго», - ян.

 

Зулму гьабунгутIи

Зулму гьабулев чиясулъ цо хIинкъи букIуна. ЦIогьорасулги букIуна гьебго хIал. Цояс бицана жидер росулъ вукIанила цIогьор. БатIияб ишалъ вачIунев полициялъул хIалтIухъан вихьидал, росу тун лъутун унаанила гьев. Гьединаб хIал букIине буго зулмучиясулги. ХIадисалда бугелъулха: «БичIчIулареб жо ккани, ракIалда гьикъе», - ян. РакI квешлъиялда тIад рекъоларо. Нафс бергьун квешлъи гьабуниги, ракI тIадрекъоларо, гьеб бацIцIадаб букIуна. Гьелъ зулму гьабулев чиясеги рахIат букIунаро.

 

Бугелда гIей гьаби

Гьелъ чи парахалъиялде, рахIаталде, талихIалде вачуна.

ХIабибасул ﷺ хIадисалда буго: «Щив вугониги гьудул къваригIарав - гьесие Аллагь гIела. РакI гъолев гьалмагъ вокьарасе - Къуръан гIела. ВагIзачи къваригIарасе - хвел гIела. Хазина, бечелъи бокьарасе - бугелда гIей гьаби гIела. Гьеб ункъабго гIоларесе цIаялъ гIей гьабила», - ян.

 Аллагьас ﷻ талихIаллъун рукIине нилъее тавпикъ кьеги.

 

МухIаммад НурмухIаммадов, ГIахьалчIи росдал имам

 

2026-04-01 (Шаввал 1447 с.) №7.


Муфти дандчIвана хIафизгун

ДРялъул муфти, шайих АхӀмад-афанди дандчӀвана, хирияб рамазан моцӀалъ таравихӀалъул каказда гӀахьаллъизе республикаялде вачӀун вукIарав машгьурав хӀафиз Сиратуллагь Рауповгун. Гьез бицана хирияб Къуръан малъиялъул, рекӀехъе лъазабиялъул къагIидабазул хIакъалъулъ.


РекIел тIиналдаса...

Аллагь ﷻ рехсей, Гьесие ﷻ тасбихI-тагьлил гьаби буго кутакалда кIвар цIикIкIараб гIамал. Гьеб, гIицIго мацIалъ рехсей гуребги, буго тIадегIанаб гIибадатлъун, чи живго инсанлъун вукIиналъул магIналъун ва Къиямасеб къоялъ цIадирабаздаги бищун бакIаблъун букIине бугеб гIамал.   ТIадегIанав...


Нужее баяналъе

  Зубайр бин ГIаввамил чан сон букIараб ислам босидал? – 16 сон. ТIоцеве къазилъун щив вукIарав? – ГIумар бин ХатIаб. Алжаналъул мацI щиб? – ГIараб мацI. Ансаразул сайидилан лъида абулеб? – СагIд бин МугIазида. ЧIвалелде цебе балеб суннатаб как тIоцебе лъица бараб? –...


Ахиралда рещтIраб аят

ХIираалъул нохъода халваталдаги чIун, Аллагьасе ﷻ гIибадат гьабулев вукIана Авараг ﷺ. Заманалдасан нохъо гвангъун бачIуна ва ЖабрагӀил малаик вачIуна Аваргасухъе ﷺ вахIюги босун. Гьеб букIана Къуръаналъул тIоцебесеб аят, «ЦӀале» абураб.     Гьедин байбихьана 23 соналъ Къуръан рещтIине. Гьеб...


Нахъе къан чIоге

Лъица Аллагьасул диналъул рахъ кквезе ва гьеб цебе бачине кколеб? Гьеб суал буго цIакъ кIвар бугеб. ХIатта гIадатго нилъеца кколин абуниги. Как балел, мажгитазде хьвадулел, диналде гIагарлъизе хIаракат бахъулел чагIи руго, тIоцебесеб иргаялда, имамасдеги, гIелмуялдеги гIагарал чагIи.   Нилъеда...