Аслияб гьумералде

Къурбаналъул гIид

Къурбаналъул гIид

Къурбаналъул гIид

Ассаламу гIалайкум ва рахIматулагьи ва баракатугь. Аллагьасул рахIмат рещтIаги нужеда, хIурматиял диналъул вацал ва яцал!

 

Бокьун буго нужер щивасда ракI-ракIалъ баркизе Къурбаналъул гIид. Гьеб кколелъулха бусурбабазул бищунго хирияб ва кIудияб байрам.

Щибаб санайил гьеб байрамалъухъ урхъун ралагьун чIун рукIуна дунялалъулго бусурбаби. Щайгурелъул, гьеб кколелъулха нилъ киналго цолъизарулеб, цоцазе кумек гьабулеб, ракIал хIеккинарулеб байрам. Адамил лъималаз гьабизе бищунго БетIергьанасе бокьулеб гIамалги буго къурбаналъе жо хъвей. Хирияб хIадисалда буго: «Къурбан къоялъ Адамил лъималаз гьарурал лъикIал гIамалазул бищун Аллагьасе бокьулеб гIамал би гIодобе тIей, ай къурбан хъвей буго», - ян.

Гьединго Аллагьасе рецц буго, цересел соназго гIадин, исана миллионал бусурбабазе хIежалде ине рес кьуралъухъги. Гьел Маккаялдегун Мадинаялде щвезе ва бусурбанчиясда тIадаб рукну тIубазе санагIалъи щваралъухъ.  Аллагьас къабул гьабеги гьез борхараб хIеж, хъураб къурбан ва гьабунщинаб гIибадат.

ГIидалъул къоязин абуни нилъеца хIаракат бахъула лъикIабщинаб гьабизе, садакъа кьезе, мискин-пакъирасда кверчIвазе ва бищунго аслияб жо – БетIергьанасул разилъи тIалаб гьабизе.  Аллагьас къурбан хъвей шаргIалда бихьизабиялдалъун нилъер иманалъул хIалбихьулеб ва мискинзабазе кумек гьабизе нилъ гьесизарулел руго. Гьеб къоялъ бусурбабазул, хасго гIага-божаразул ракIазулъе рохел лъугьинабизе, мискин-пакъирасухъе кумекалъулаб квер бегьизе тавпикъ кьеги Аллагьас нилъее. Дагъистанги тIолабго Россияги цIунун хутIаги питнабаздаса, балагьаздаса, рагъ-кьалаздаса.

Аллагьас нужер киназулго гьабураб лъикIаб гIамалги къабул гьабун батаги.                

 Цоги нухалда баркула нужеда, хIурматиял бусурбаби, Къурбаналъул гIид.

 

ДРялъул муфти шайих АхIмад-афанди ГIабдулаев

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...