Аслияб гьумералде

Баркула кIалбиччаялъул байрам

Баркула кIалбиччаялъул байрам

ДРялъул муфти, ГIалимазул советалъул председатель, шайх АхIмад-афандияс улкаялъул бусурбабазда баркана тIаде щвараб КIалбиччанкъоялъул хирияб байрам.

Ассаламу гIалайкум ва рахIматуллагьи ва баракатугьу! Хириял диналъул вацалги яцалги!

ТIадегIанав Аллагьасе рецц буго, гьаб кIудияб рохелалъул гьайбатаб асаргун нужеде саламалъул хитIаб гьабизе рес дие кьуралъухъ.

ТIаде щвараб байрам баркулаго, абизе бокьун буго нужеда: АлхIамдулиллагь, тIолго рецц гьаб дунял бижарав Халикъасе, Рамазан моцI бихьизеги, гьеб моцIалъ бажарараб гIибадат гьабизеги ва КIалбиччаялъул гIид – ГIидул-Фитр – кIодо гьабизеги гьелдаса рохизеги нилъее рес кьуралъухъ.

Гьелдаго цадахъ, дица Аллагьасе рецц гьабула, киналго цадахъ ракIарун, ифтарал тIоритIизеги, садакъа гьабизеги, таравихIал разеги нилъее рес кьуралъухъ.

ЦIакъ кIудияб кIвар бугеблъун буго ТIадегIанасе цогидал рахIматазухъги рецц гьаби, щайгурелъул дагьалъ цереккунцин гьединал лъикIлъабазул гIемерисездаса циндаго махIрумлъун рукIиндал нилъ.

Гьединго, дир гьари буго нужеде: щибаб къойил Аллагьасе рецц гьабиялда цадахъго, кIочонге баракатал ишал гьаризеги ва Рамазан моцIалда ругьунлъараб къагIидаялда гIибадаталда чIезеги – цIале Къуръан, кумек гьабе гIагабожаразе, садакъа гьабе ва гь.ц.

Дица рахIму-цIоб гIатIидав РахIимасда гьарула, Аллагьасе рихарал ишаздаса рикIкIалъизеги Гьесие хириял гIамалазда даимлъизеги киназего къуватги сабруги кьеян абун, щайгурелъул байрам кIодо гьабиялъул аслияб магIна букIуна ТIадегIанасул диналда рекъон хьвади ва Гьесул ццим бахъиналдаса хвасарлъи.

КIал кквеялъухъ тIадегIанаб даражаялъе мустахIикълъула гIицIго Аллагьасукьа хIинкъиялдалъунги, гьаб дунялалъул ихтилат-кепалдаса рикIкIалъиялдалъунги, нафсалде данде къеркьеялдалъунги. Щайгурелъул унго-унгояб талихI кьола гIицIго Хирияб Къуръаналдаги Аварагасул суннаталдаги рекъон гIумру гьабулев инсанасе.

ХIурматиял диналъул вацалги яцалги, дица Аллагьасда ракIракIалъ гьарула нилъер лъикIал щинал гIамалалги, Рамазан моцIалъ гьарурал баракатал ишалги, ккурал кIалалгун бахъараб закагIатгун сахIги ва бацIцIадаб нигатгун гьабураб кинабго жо къабул гьабеян абун.

Аллагьас азариде даража бахинабеги нужер гьелъул ва нужеда цадахъго – бацIцIадаб нигат гьабуразул ва батIи-батIиял гIиллаби сабаблъун, нигаталда рекъон кколеб гIамал гьабун бажаричIезулги.

Гьарула нужее киназего Халикъасул рахIматалги, сахлъиги, баракатги ва кIиябго рукъалъул битIккейги. Амин».

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...