Аслияб гьумералде

Къурбаналъул гIид

Къурбаналъул гIид

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандица, тIолалго бусурбабазда баркана тIаде щолеб бугеб Къурбаналъул гIид

 

ХIурматиял диналъул вацал ва яцал! Къурбаналъул гIид ккола бусурбабазул бищунго хирияб ва кIудияб байрам. Щибаб санайил гьеб байрамалъухъ урхъун ралагьун чIунги рукIуна дунялалъулго бусурбаби. Щайгурелъул, гьеб кколелъулха нилъ киналго цолъизарулеб, цоцазе кумек гьабулеб, ракIал хIеккинарулеб байрам.

 

Адамил лъималаз гьабизе бищунго БетIергьанасе бокьулеб гIамалги буго къурбаналъе жо хъвей. Хирияб хIадисалда буго: «Къурбан къоялъ Адамил лъималаз гьарурал лъикIал гIамалазул бищун Аллагьасе бокьулеб гIамал би гIодобе тIей, ай къурбан хъвей буго», - ян.

Гьединго Аллагьасе рецц буго, цересел соназго гIадин, исана миллионал бусурбабазе хIежалде ине рес кьуралъухъги. Гьел Маккаялдегун Мадинаялде щвезе ва бусурбанчиясда тIадаб рукну тIубазе санагIалъи щваралъухъ.  Аллагьас къабул гьабеги гьез борхараб хIеж, хъураб къурбан ва гьабунщинаб гIибадат.

ГIидалъул къоязин абуни нилъеца хIаракат бахъула лъикIабщинаб гьабизе, садакъа кьезе, мискин-пакъирасда кверчIвазе ва бищунго аслияб жо – БетIергьанасул разилъи тIалаб гьабизе.  Аллагьас къурбан хъвей шаргIалда бихьизабиялдалъун нилъер иманалъул хIалбихьулеб ва мискинзабазе кумек гьабизе нилъ гьесизарулел руго. Гьеб къоялъ бусурбабазул, хасго гIага-божаразул ракIазулъе рохел лъугьинабизе, мискин-пакъирасухъе кумекалъулаб квер бегьизе тавпикъ кьеги Аллагьас ﷻ нилъее. Дагъистанги тIолабго Россияги цIунун хутIаги питнабаздаса, балагьаздаса, рагъ-кьалаздаса. Аллагьас нужер киназулго гьабураб лъикIаб гIамалги къабул гьабеги.

 

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...