Аслияб гьумералде

РахIматлъун витIун вуго

РахIматлъун витIун вуго

РахIматлъун витIун вуго

 

Бичасул Авараг ﷺ гьавиялда хурхун Дагъистаналъул муфти шайих Ахмад-афандиясул барки

 

ХIурматиял вацал ва яцал! РакI-ракIалъ баркула нужеда кинабниги гIаламалъего кIвар бугеб, жинда жанив халкъалъулго хирияв МухIаммад ﷺ авараг гьавураб къо.

 

Бичасул авараг ﷺ халкъалъухъе витIун вуго рахIматлъун, Гьев ﷺ вуго бищунго берцинал ва лъикIал тIабигIатал жиндир ругевлъун, кинабниги гIаламалъе жидер БетIергьан лъаялъе, бецIлъиялдаса канлъиялде нух рагьаравлъун.

Аллагьас жинцаго Гьев ﷺ кIодо гьавун Къуръаналда абуна: «Мун халкъалъе рахIматлъун витIун вуго», - ян (сура «Анбияъ» аят 107).

Цогидаб аяталда буго: «Мун вуго (авараг) тIадегIанаб, берцинаб тIабигIат бугев», - ян (сура «Къалам» аят 4).

Аллагьас нилъер ракIал цIезареги хирияв аварагасдехун ﷺ гIорхъи гьечIеб рокьиялъ. Гьесул ﷺ суннаталда нахърилълъине киназего тавпикъги кьеги.

Къиямасеб къоялъ Бичасул аварагасул ﷺ шафагIаталъе мустахIикъаллъунги гьареги киналго бусурбаби.

Дица Аллагьасда гьарула нижее рес кьейин хирияв аварагасде ﷺ гIемер салават битIизе, Гьесул ﷺ гIумру жеги лъикI лъазабизе ва Гьесул ﷺ суннаталда нахърилълъине.

Аллагьас цIунаги нилъер тIолабго ватIан киналниги балагьаздасан.

Гьарула киназего ракълилаб, питна-кьал дагьаб ва парахатаб гIумру.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...