Аслияб гьумералде

Баркала киназего

Баркала киназего

Ассаламу гIалайкум, «Ас-салам» казият цIалулел. 2026 соналъул 25 августалда Рихьуниб ГЭСалъул хIоринив гъанкъарав ХIамзатил гIагарлъиялъул рахъалдасан ракI-ракIалъулаб баркала загьир гьабулеб буго гьев валагьиялъулъ гIахьаллъаразе ва нижер къварилъиялда гурхIел бихьизабуразе.

 

Нижеца кIудияб баркала кьола Россиялъул МЧСалъул ДРялда бугеб бетIераб идараялъул коллективалъе, югалъулаб регионалъул хвасар гьариялъул отрядалъе, Туапсеялъул хвасар гьариялъул отрядалъе, Унсоколо районалъул, Каспийскиялъул, МахIачхъалаялъул подразделениязе. Баркала киналго хIалтIухъабазе.

Хасаб баркала буго полициялъул хIалтIухъабазе, Ингушетиялдаса, Чачаналдаса, Кабардино-Балкариялдаса рачIарал волонтеразе, Дагъистаналъул жамагIатазе, Унсоколо районалъул росабазул гIадамазе.

Гьединго, ракI-ракIалъулаб баркала буго Унсоколо районалъул нухмалъулев ГIиса НурмухIамадовасе, районалъул динияб идараялъе, щибаб къойил кванил нигIматал чIезабураб «Инсан» фондалъе ва кумекалъе рачIаразе кинабго къайи-цIа кьураб «Райский берег» абураб хIухьбахъиялъул базаялъе.

Гьел къоязда нижеца хIехьараб унти рагIабаздалъун загьир гьабизе кIоларо. Амма гьел захIматал къоязда нижеда бихьана гIадамазул рахъалдаса кIудияб гIаданлъи, вацлъиялъулаб квербакъи, гурхIел-рахIму, гьеб абадиялъго нижер ракIазулъ хутIила. Нижее кумек гьабурал, дугIа гьабурал, квербакъаралщиназе ТIадегIанав Аллагьас кири кьеги.

Нужеца гьабураб лъикIлъи нижеда киданиги кIоченаро. Аллагьас ХIамзатги Алжаналъул агьлулъун гьавун ватаги.

 

ХIурматгун ва баркалагун ХIамзатил гIагарлъи

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...