Хунзахъ

Дир шал – дир тарих» абураб цIаралда гъоркь тадбир тIобитIана Хунзахъ росулъ. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил МухIаммад Дибирдадаевас, районалъул имамзабазул советалъул председатель МухIаммад ГьитIиновас, имамасул кумекчи МухIаммад ГIабдулхаликъовас, муфтияталъул лъай кьеялъул отделалъул хIалтIухъан Асият ХIасанхIажиевалъ, районалъул руччабазул советалъул председатель ПатIимат Набиевалъ ва цогидазги.
Тадбир тIобитIулелъул ахIана нашидалгун мавлидал ва рихьизаруна театралиял сценкаби. Гьединго рихьизаруна батIи-батIиял тайпабазул хIижабал, миллияб ретIел, балагьаразда гьоркьоб тIобитIана викторина. Бергьаразе кьуна сайгъаталги.
ГУМБЕТ
МелъелтIа росдал администрациялда районалъул имамзабазул советалъул председатель Юнус НурмухIаммадов дандчIвана районалъул бетIерасул заместител Асбег ХIабибовгун.
Гьеб дандчIваялда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул Гумбет районалда бугеб лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев МухIаммадрасул МухIаммадовас, имамасул кумекчи ГIабдурашид ХIажиевас, бетIерасул кумекчи МухIаммад Хъарагишиевас ва районалъул депутатазул собраниялъул председатель Мухтар АхIмадовас.
Данделъиялда бицана районалъул гIадамазда дандчIвалел масъалабазул ва гьел тIураялъе хIалтIизаризе бегьулел ресазул. Гьединго бицана жамгIияталъул гIумру цебетIезабиялъул мурадалда цадахъ рекъон хIалтIизе ккеялъулги.

ШАМИЛ
Муфтияталъул Шамил районалда бугеб лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев МухIаммад Загьидов щвана Ругъелда росулъе ва дандчIвана росдал школалъул цIалдохъабигун. Гьениб Загьидовас лъималазе бицана хIажат гьечIеб калам гьабиялдалъун кколел мунагьазул хIакъалъулъ.

Нужерго мунагьал къватIире загьирлъичIого рукIине бокьани, нужеца хIаракат бахъизе ккола чияр мунагьал рахчизейилан бицана М. Загьидовас. Аварагасул хIадисалда буго: «Аллагьасдаги къиямасеб къоялдаги божулев чияс лъикIабщинаб бице яги вуцIцIун чIа», - ян (Бухари, Муслим). Гьединго гьес жавабал кьуна цIалдохъабазул суалазеги.
ГЪУНИБ
Гъуниб росдал Культураялъул рокъоб тIобитIараб терроризмалде данде къеркьеялъул комиссиялъул данделъиялда гIахьаллъи гьабуна районалъул имамзабазул советалъул председатель Ибрагьим Кулдуевасги.
Гьединго заседаниялда гIахьаллъана районалъул бетIерасул заместитель МухIаммад ГIисаев, лъай кьеялъул отделалъул начальник МухIаммад ГIалиев, Россиялъул Гъуниб районалда бугеб ОМВДялъул начальник МухIаммад ГIалиев, ОНДялъул ва №16 ПРялъул начальник Надирбег ГIумаров, районалъул депутатазул собраниялъул председатель ХIасан Тахнаев, росабазул школазул директорзаби ва бегавулзаби.

КIалъазе вахъарав Ибрагьим Кулдуевас бицана лъималазе тарбия кьеялъул аслияб бакIлъи тIаде кколин эбел-инсуде. Гьединлъидал умумул тохго рукIине бегьуларин. «ГьабсагIаталда терроризмалдаса кIудияб хIинкъи буго жамгIияталъе. Гьелде данде унго-унгояб рагъги базе ккола нилъер щивас. Власталъги, жамгIияталъги, диниял церехъабазги цадахъ рекъон хIалтIи гьабуни, гьайгьай, хIасил кьезе буго, - ян кIалъана районалъул имам.
ЧIАРАДА
МахIачхъала шагьаралда тIобитIана столалда тIад теннис хIаялъул рахъалъ ЧIарада районалъул чемпионат. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтиясул кумекчи Идрис Асадулаевас, спорталъул министрасул заместитель ХIайдарбек ХIайдарбековас, имамзабазул советалъул председатель ГIузайр Давудовас, районалъул гIолилазул советалъул председатель ТIалхIат Ибрагьимовас ва цогидазги.

КIалъазе рахъараз бицана гьадинал тадбирал тIоритIиялъул бугеб кIваралъул ва гIолилазда гьоркьоб гьудуллъи-вацлъи цIуниялъе бахъизе кколеб хIаракаталъул хIакъалъулъ. Къецалъул хIасилал гьаридал, тIоцебесеб бакI щвана Рамазанов Жамалудиние (ГIириб), кIиабилеб бакI – МуртазагIалиев Къурбание (Гьочоб) ва лъабабилеб бакIалъе мустахIикълъана Мусаев Мурад (ЦIуриб). Бергьаразе ва гIахьаллъаразе кьуна сайгъатагун грамотаби.
ЛЪАРАТIА
СанигIортIа росулъ тIобитIана районалъул имамзабазул данделъи. Гьеб нухда бачана районалъул имамзабазул советалъул председатель ГIалиев Ибрагьимица.
Гьединго данделъиялда гIахьаллъана районалъул имамасул заместитель Агълабов АхIмад, муфтияталъул районалда бугеб лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев Ибрагьимов ШагIбан, «Инсан» фондалъул нухмалъулев Макъсуд ИсмагIилов.

И. ГIалиевас бицана гьабулеб бугеб хIалтIул ва абуна гьабизе бугелде жеги цIикIкIун кIвар кьезе кколин. Имамзабазги бицана жидедаго дандчIвалел масъалабазул хIаракат бахъана гьел тIураялъе нухал ралагьизе.
БОЛЪИХЪ
Муфтияталъул Болъихъ районалда бугеб лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев ГIабдулла Герейханов дандчIвана Гъоркьа Инхело росдал школалъул 8-9-абилел классазул цIалдохъабигун.
Гьениб бицана ВатIаналде букIине кколеб рокьул. ГIабдулла Герейхановас абуна ВатIаналъ нилъер щивасе гIезегIан жо гьабулин ва нилъедаги тIадаб бугин гьединабго куцалда ВатIан бокьизе.

«Исламияб диналъги нилъ ахIулел ВатIан бокьизеги улкаялъул патриоталлъун рукIинеги», - ян бицана ГI. Герейхановас.
ЦIУМАДА
Агъвали бугеб ДЮСШалъул спорталъул кIалгIаялъуб тIобитIана районалъул гIолилазулгун данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна районалъул имамзабазул советалъул председатель ХIабиб МухIаммадовас, спорталъул, гIолилазул политикаялъул ва туризмалъул рахъалъ отделалъул начальник ТIалхIат ГIабдулбасировас, гIолилазул политикаялъул ва туризмалъул рахъалъ методист Шамил Бадрудиновас.
ДЮСШалъул директор ХIайбула НурхIажиевас тIаде рачIаразе саламги кьун, кIалъазе рагIи кьуна районалъул имам ХIабиб МухIаммадовасе. Гьес бицана лъай тIалаб гьабиялъул бугеб кIваралъул ва киналго ахIана экстремизмалдасагун терроризмалдаса ва наркоманиялдаса рикIкIад чIезе.
