Аслияб гьумералде

Гъуниб

Гъуниб

Муфтияталъул рухIияб лъай кьеялъул районалда бугеб отделалъул нухмалъулев ГIалиасхIаб Разакъовги, отделалъул хIалтIухъаби ХIамзат Мухтаровгун ГIабдулгъафур Хирачиев щвана Бухти росулъа цIикIкIараб ригьалде вахарав ГIумарихъе. ЦIехана сахлъиялъул щиб хIал бугебин ва гIенеккана гьес бицунелъухъ. Гьединго абуна щиб кумек хIажат батаниги гьеб гьабизе хIадур ругиланги. Бусурбабазда тIадаб иш буго кIудиязул тIалаб гьаби. Гьедин гьабейин малъулеб буго нилъеда аварагасул хIадисазги.

ЧIАРАДА

ЦIулда росдал имам ва цогидалги щвана Шамилхъалаялда муфтияталъул хIаракаталдалъун балеб бугеб рухIияб централде. Гьез гьениб гьабуна хIажатаб кумек ва лъуна жидергоги бутIа. Кумек гьабуралъухъ росдал жамагIаталъе щвана рухIияб централъул рахъалдасан сертификатги.

ЛЪАРАТIА

ЦIулда росдал имам ва цогидалги щвана Шамилхъалаялда муфтияталъул хIаракаталдалъун балеб бугеб рухIияб централде. Гьез гьениб гьабуна хIажатаб кумек ва лъуна жидергоги бутIа. Кумек гьабуралъухъ росдал жамагIаталъе щвана рухIияб централъул рахъалдасан сертификатги.

БОЛЪИХЪ

РахатIа росулъ тIобитIана МухIаммад Сахратулаев ракIалде щвезавиялъул хIурматалда волейболалъул рахъалъ турнир. МухIаммад Сахратулаевас районалъе нухмалъи гьабуна 2001-2005 соназ. КIалъазе рахъараз бицана МухIаммадил ва гьес гьабураб хIалтIул хIакъалъулъ. Хадуб тIоритIана къецалги. Гьениб тIоцебесеб бакI ккуна Болъихъ росдал командаялъ, кIиабилеб бакI – РахатIа росдал командаялъ ва лъабабилеб бакIалде бачIана КIижани росдал команда.

ХЬАРГАБИ

Муфтияталъул Хьаргаби районалда бугеб рухIияб лъай лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев МухIаммад ГIабдулхIажиев щвана районалъул Могьохъ росулъе. Гьевги гьесда цадахъ вукIарав росдал имам АхIмад ГIабдулкаримовги щвана цIикIкIараб ригьалде рахарал гIадамазухъе, цIехана гьезул хIал-хIукму. Гьединго хал гьабуна риидалил заманалда росдал лъималазе исламалъул дарасал кьей кин унеб бугебали.

ГIАХЬВАХЪ

Районалъул имамзабазул советалъул председатель Адам Закарьяев дандчIвана районалъул бетIер МухIаммад МуртазагIалиевгун. Гьединго дандчIваялда гIахьаллъи гьабуна имамзабазул советалъул председателасул кумекчи Шамсудин Шамсудиновас ва администрациялъул ишазул управляющий Оксана ГIабдурахIмановалъ. Данделъиялда бицана цадахъ рекъон хIалтIи гьабизе ккеялъул ва рехсана гьединаб хIалтIуца кьолел хIасилазул.

ЦIУМАДА

Районалда тIобитIана муфтияталъул мугIрузулаб округалда ругел росабазул имамзабазул гIахьаллъигун культуриябгун спортивияб тадбир. Гьелдаса хадуб тIобитIана имамзабазул собрание ва, муфтияталъул рахъалдасан, сайгъатал кьуна цо-цо росабазул имамзабазе. Тадбиралда гIахьаллъи гьабуна муфтиясул тIоцевесев заместитель ГIабдулла Аджимоллаевасги. Имамзабазда гьоркьор тIоритIана сортивиял къецалги. Бергьарал кIодо гьаруна грамотабаздалъун, медалаздалъун ва кубоказдалъун.

УНСОКОЛО

Муфтияталъул районалда бугеб рухIияб лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев МухIаммадсултан ГIабдулаев дандчIвана Шамилхъала посёлокалда бугеб больницаялъул коллективгун. Гьениб ГIабдулаевас бицана гIадамазе лъикIлъи гьабиялъул бугеб хиралъиялъул ва пайдаялъул, гьединго гIун бачIунеб гIелалъе тарбия кьеялъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ.

ШАМИЛ

Хучада росулъ тIобитIана тIолабго жамагIаталъ гIахьаллъи гьабураб мавлид. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Шамил районалъул имамзабазул советалъул председатель Юсуф ТIалхIатовас, ХIебда росдал имам МухIаммад МухIаммадовас, районалда бугеб «Инсан» фондалъул нухмалъулев Шамил ЗайнулгIабидовас ва цогидазги.

ХУНЗАХЪ

Дагьал церегIан къоязда Ш. Шамхаловасул цIаралда бугеб культураялъул рокъоб тIобитIана умумузул собрание. Гьелда гIахьаллъи гьабуна районалъул имамзабазул советалъул председатель МухIаммадрасул Гьиматовас, районалъул бетIер НурмухIаммад Задиевас, районалъул прокурор Рамазан ГIумаровас, ОМВДялъул начальник МухIаммадхIажи Сайбулаевас, росабазул бегавулзабаз, школазул директорзабаз ва цогидазги. КIалъазе рахъараз бицана гIолеб гIелалъе тарбия кьеялъул, гьезул масъалабазул ва гьел тIуразе кколеб куцалъул хIакъалъулъ.

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


Курми росдал къо

Курми росулъ тӀобитӀана росдал къоялда хурхун байрамалъулаб тадбир. Гьеб къоялъул аслияб лъугьа-бахъинлъун букӀана щивав чияс жидерго къуват, гьунар, бергьенлъи босизе бугеб гъира бихьизабизе рес кьураб спортивияб къец. Гьелдаса хадуб киналго гьалбал кваназаруна ва цо-цо церехъабазе кьуна...


Хъизан цIуне

Хъизан гьаби ккола ТIадегIанав Аллагьасда цебе кIудияб жавабчилъи. Нилъеца хъизан гIуцIула Аллагьасул амруялдалъун ва Аварагасул ﷺ суннаталдалъун, гьединлъидал, нилъеца хIаракат бахъизе ккола диналъ малъараб куцалда хъизамалда гIумру гьабизе.   Квеш ккараб жо, жакъа гIемерал хъизамал...


Тафсир агьлуялъул маяк

Имамзабазул, хасго чIахIиял гIалимзабазул къимат лъала гьезул таржама гъваридго лъазабидал. Гьелдаго цадахъ имам вокьизеги вокьула. Амма лъаларев чи вокьизе кIоларо. Аварагас ﷺ абухъе, гIалимзаби ккола гьесул ирисилал. Щайгурелъул, Аварагас ﷺ жинда хадуб тола гIелму. Гьел ккола гьеб ирс босулел ва...


ХIалтIи лъикI букIине

Гьабулеб хIалтIи-пиша лъикI букIине (баракат) бокьарас тIадчIей гьабила щуго жоялда.   ХIалтIи сабаблъун Аллагьас ﷻ тIадкъарал жал нахърахъуге ва кIарчанлъиги гьабуге. Жиндир заманалда тIадкъарал жал тIурани, хайир батила. ХIалтIи сабаблъун Аллагьасул ﷻ махлукъат хIакъир гьабуге. Нилъер...


ДугIаялъул хиралъи

ДугIа гьаби ккола гIибадаталъул ракI гIадаб жо. ДугIа гьабиялда жаниб лагъас жиндирго мискинлъи, гIодовегIанлъи, Аллагьасде ﷻ живго хIажалъи, Аллагьасул ﷻ бечелъи загьир гьабулеб буго. Кинабго жоялъулъ Аллагьасде ﷻ гьардолел рукIине ккола. Нилъее, Аллагьас ﷻ кьураб гурони, щибго жо...