Аслияб гьумералде

ЧIАРАДА

ЧIАРАДА

Районалъул имамзабазул председатель ГIузайр Давудов дандчIвана районалъул бетIер МухIидин МухIаммадовгун.

Гьединго гьеб дандчIваялда гIахьаллъана «Инсан» фондалъул нухмалъулев МухIаммадшарип МухIаммадов, лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев ШагIбан ХIапизов ва муниципалияб мулкалъул рахъалъ управлениялъул комитеталъул председатель ТIинамухIаммад ТIинамухIаммадов.

Гьез бицана районалда гьарулел ва гьаризе ругел хIалтIабазул, дандрана цадахъ рекъон рорхизе бегьулел масъалаби.

ШАМИЛ

МахIачхъалаялда тIобитIана Ракьуб росдал гIолилазул данделъи. Гьеб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил МухIаммад Дибирдадаевас, имамзабазул советалъул председатель Юсуф ТIалхIатовас, Ракьуб росдал имам МухIаммад Дибировас ва жамгIиялгун диниял хIаракатчагIаз.

КIалъазе рахъараз бицана гIолилазул букIине кколеб хьвада-чIвадиялъул, цIунизе кколеб гьудуллъи-вацлъиялъул ва киналго ахIана цоцазе кумекги гьабулаго исламияб диналъул тIалабалги цIунун гIумру гьабиялде. Тадбиралъул ахиралда тIобитIана чIорбутI речIчIиялъул рахъалъ турнирги.

ЦIИЯБ ЛАК

ЦIияб МелъелтIа росдал мадрасалда тIобитIана хирияб Къуръан цIалиялъул рахъалъ къец. Гьеб гIуцIун букIана росдал имам ХIажимурад УхIумагIалиевасул хIаракаталдалъун. Мажлисалда гIахьаллъи гьабуна районалъул имамзабазул советалъул председатель Шамил Назировас, лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев Сайид МухIаммадбеговас, «Инсан» фондалъул нухмалъулев Юсуп МухIаммадовас, Гамияхъ росдал имам ГьитIинамухIаммад АхIмадовас ва росдал жамагIатчи МухIаммадов Куйдаца.

КIалъазе рахъараз бицана Къуръан цIалиялъул бугеб хиралъиялъул хIакъалъулъ ва киналго ахIана Аллагьасул хирияб Калам лъазабиялде кIвар кьезеги гIелму тIалаб гьабизеги ккеялде. Къецалда бергьаразе ва гIахьаллъаразе кьуна сайгъатал, грамотаби ва Баркалаялъул кагътал.

ХЬАРГАБИ

Хьаргаби росулъ тIобитIана авал-мажгит рагьиялда бан рохалилаб тадбир. Гьелда гIахьаллъи гьабуна районалъул имамзабазул советалъул председатель Тажудин ГIабдулаевас, росдал имам МухIаммад ХIажиевас, КIикIуни росдал имам Къурбан Къурбановас ва цогидазги. Мажлис байбихьана хирияб Къуръан цIалиялдасан.

КIалъазе рахъараз бицана мажгит баялъул бугеб хиралъиялъул хIакъалъулъ ва данделъиялъул гIахьалчагIи ахIана жамагIат-какде рачIине. Мажгит базе кумек-квербакъи гьабуразе кьуна Баркалаялъул кагъталги.

ЛЪАРАТIА

МахIачхъалаялда тIобитIана Гьукъал росдал гIолилазул данделъи.

Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакиласул кумекчи МухIаммад ГьитIиновас, районалъул имамзабазул советалъул председатель Ибрагьим ГIалиевас, лъималазулгун гIолилазул спортивияб школалъул директор Бузай Ибрагьимовас, ХIабиб ГIабдулаевас, машгьурал спортсменаз, жамгIиялгун диниял церехъабаз.

КIалъазе рахъараз бицана цоцазулъ цIунизе кколеб гьудуллъивацлъиялъул, гIелму цIалиялде кьезе кколеб кIваралъул ва хьвада-чIвади букIине кколеблъи исламияб диналда рекъараб.

Гьединго гIолилал ахIана наркоманиялдаса, экстремизмгун терроризмалдаса рикIкIад чIезе. Тадбиралъул ахиралда тIобитIана чIорбутI речIчIиялъул рахъалъ къецги. Бергьаразе кьуна къиматал сайгъаталги.

ГЪИЗИЛЮРТ

ГIадамазул ургъел гьечIолъиги батила, гIемер бихьула кьищникъул балеб бакIалде чедги рехун. Гьебин абуни буго нилъеца тIагIамалъул адаб гьабунгутIи. Шагьаралда гIумру гьабун ругез щибха гьабизе кколеб нахъе хутIараб чадида? Гьединаб суал борхулел гIемер кколелъул, шагьаралъул волонтеразул кумекалдалъун хIукму гьабуна чед жанибе базе хасал къалал чIезаризе.

Гьенибе рехараб чед нахъе босизе рес буго жидер хIайванал ругез, фермераз гIи-боцIуе кьезелъун. Гьединаб лъикIаб ишалде байбихьун буго гъизилюрталъулаз ва ракIалде ккола цогидазги гьездаса мисал босилин абун.

ХУНЗАХЪ

МахIачхъалаялда тIобитIана ГьоцIалъ росдал гIадамазул данделъи.

Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил МухIаммад Дибирдадаевас, районалъул имамзабазул советалъул председатель МухIаммад ГьитIиновас, боксалъул рахъалъ дунялалъул чемпион Тимур Гайдаловас, росдал имам ГIусман БатиргIалиевас, районалъул лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев МухIаммадгIали МухIаммадбеговас, «Хунзахъ районалъул гIолилал» цолъиялъул нухмалъулев Сайпула Шамхаловас, Игьали росдал имам ГIумархIажи ГIумархIажиевас, ГьитIинаб ГьоцIалъ росдал имам МухIаммад МирзалмухIаммадовас, Гумбет районалъул имамзабазул советалъул председатель Юнус НурмухIаммадовас ва цогидазги.

КIалъазе рахъараз бицана цоцазулъ цIунизе кколеб вацлъиялъул, гIумру гьабизе кколеб къагIидаялъул ва гIолилал квешабщиналдаса цIунизе тIадаб букIиналъул хIакъалъулъ.

ГЪУНИБ

Районалъул Шуланиб росдал школлъималазда гьоркьоб тIобитIана аварагасул гIумру лъазабиялъул рахъалъ конкурс. Гьелда тIоцебесеб бакI ккуна ГIисаев Садрудиница (11 класс), Илясова Марямица (11 класс), Ражабова Фатимаца (3 класс).

КIиабилеб бакI щвана Нажмудинов МухIаммаднакъшубандие (11 класс), Дибирова Фатимае (10 класс), Къоргъалиева Майсаратие (9 класс), Шапиева Асиятие (8 класс), ГIабдулалова Асиятие (7 класс), Чимчарова ГIашатие (7 класс), Мусаева Мадинае (4 класс), Мусаева Хадижатие (2 класс).

Лъабабилеб бакIалъе мустахIикълъана ХIажиев Шамил (11 класс), Чимчарова Батирилай (7 класс), Жамалудинова Хадижат (6 класс), ГIабдулалов МухIаммад (4 класс). Бергьаразе кьуна сайгъатал ва грамотаби.

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


Аллагь ﷻ лъазе бокьани

Аллагь ﷻ лъалездасан вукIине ва шайтIаналдаса хвасарлъизеги бокьани, ункъо жо тезе ккола: иблис ва иблисалъе бокьараб, напс ва напсалъе бокьараб, гьава ва гьаваялъе бокьараб, дунял ва дунялалъе бокьараб.   Иблисалъе бокьана дур дин тIаса инабизе, мунгун цадахъ доб ЖужахIалда абадиялъ...


Курми росдал къо

Курми росулъ тӀобитӀана росдал къоялда хурхун байрамалъулаб тадбир. Гьеб къоялъул аслияб лъугьа-бахъинлъун букӀана щивав чияс жидерго къуват, гьунар, бергьенлъи босизе бугеб гъира бихьизабизе рес кьураб спортивияб къец. Гьелдаса хадуб киналго гьалбал кваназаруна ва цо-цо церехъабазе кьуна...


ДугIаялъул хиралъи

ДугIа гьаби ккола гIибадаталъул ракI гIадаб жо. ДугIа гьабиялда жаниб лагъас жиндирго мискинлъи, гIодовегIанлъи, Аллагьасде ﷻ живго хIажалъи, Аллагьасул ﷻ бечелъи загьир гьабулеб буго. Кинабго жоялъулъ Аллагьасде ﷻ гьардолел рукIине ккола. Нилъее, Аллагьас ﷻ кьураб гурони, щибго жо...


ЦIар кинаб лъелеб?

Гьабун анкьабилеб къоялъ лъимералда цIар тезе суннатаб буго. Реххараб лъимералда рухI лъун букIун батани, гьелдаги цIар тезе суннатаб буго. Реххараб лъимер васищ яги ясищали батIа бахъизе лъачIони, кIиязего бегьулеб цIар лъела, масала, ТIалхIат, ХIамзат, Майсарат гIадал. Реххараб лъимералда...


Пашманлъи тIаса инабулеб

ТIадегIанав Аллагьас инсанияталъе гIемерал нигIматал рижун руго. Хирияб Къуръаналда хъван буго (магIна): «Гьев инсан кин валагьуларев Аллагьас ﷻ жиндие ризкъилъун кьун бугеб батIи-батIияб тIагIамалде». (Сура «ГIабаса», 24 аят).   Гьел нигIматазул цояб ккола хъабахъ....