Аслияб гьумералде

Чiарада

Чiарада

Дагьал церегIан къоязда Къарануб росулъ тIобитIана Лъаялъул мажлис. Гьениб вагIза-насихIатал гьаруна районалъул имамзабазул советалъул председатель ГIузайир Давудовас, ЦIумада районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIаммадовас, Агъвали росдал имам Рамазан ГIисаевас. Мажлис нухда бачана Къарануб росдал имам МухIаммад МухIаммадовас.

ЦIУМАДА

Шайих МухIаммад ХIафиз афандил цIаралда бугеб рекIехъе Къуръан лъазабиялъул централъул квербакъиялдалъун, ЦIумада районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIаммадовас лъазабуна, РФялъул мустахIикъав тренер ГIабдулманап НурмухIаммадов ракIалде щвезавиялъул хIурматалда тIобитIулеб бугин хIафизазда гьоркьоб тIолгороссиялъулаб къец.

Гьеб тIобитIулеб буго цо номинациялда рекъон, ай тIубараб Къуръан рекIехъе цIали. ГIахьаллъи гьабизе бегьула, ригьалъухъ балагьичIого, бокьарав чияс. Къец тIобитIизе буго Агъвали росулъ, 25 августалда.

УНСОКОЛО

Районалъул бетIерасул хIинкъи гьечIолъи цIуниялъул рахъалъ заместителасул нухмалъиялда гъоркь тIобитIана администрациялъул хIалтIухъабазулгун данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул муфтияталъул районалда бугеб рухIияб лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев МухIаммадсултIан ГIабдулаевасги. Гьениб бицана гIун бачIунеб гIелалъе битIараб тарбия кьеялъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ.

ЦIУНТIА

«Бищун щулияб хъала – ВатIаналде бугеб рокьи». Гьединаб ахIиялда гъоркь районалда тIоритIана батIи-батIиял къецал. Аслияб гIуцIарухъанлъун гьеб байрамалъулъ букIана «Инсан» фонд. Кутакаб гIадлуялда ва рохалида тIобитIана гьеб. Гьединал къецаз ва дандеруссиназ щула гьабула вацлъи, гьудуллъи. Гьеб ккола гIун бачIунеб гIелалъе лъикIаб мисаллъун.

Гьединал байрамаз ва мажлисаз бихьизабула гIаданлъи, гьунар, иман буголъи. ГIолилал! ГIахьаллъе гьудуллъиялъул дандеруссиназулъ, гьабе гIадамазе лъикIлъи, цIуне ва бокьа нилъерго Дагъистан!

ШАМИЛ

Дагьал церегIан къоязда ТIидиб росдал гIолохъабигун дандчIвана районалъул имамзабазул советалъул председатель Юсуф ТIалхIатов, ХIебда росдал имам МухIаммад МухIаммадов ва муфтияталъул районалда бугеб рухIияб лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев АхIмад Дибиров. ДандчIваялъул ахиралда тIобитIана футболалъул рахъалъ матчги.

ХЬАРГАБИ

Курми росулъ тIобитIана столалда теннис хIаялъул рахъалъ къецал. Гьелда гIахьаллъи гьабуна районалъул имамзабазул советалъул председатель Тажудин ГIабдулаевасги. Къецал тIоритIиялъул аслияб мурад букIана жамагIат гъункизаби ва гIолилазул спорталде рокьи бижизаби. Къецазда бергьаразе кьуна грамотаби ва гIарцулал сайгъатал.

ГЪУНИБ

Райбольницаялъул хIалтIухъабазул хIаракаталдалъун тIобитIана хварал медхIалтIухъаби ракIалде щвезариялъул хIурматалда тадбир. Гьелда гIахьаллъи гьабуна районалъул имамзабазул советалъул председатель Ибрагьим Къулдуевас, муфтияталъул рухIияб лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев ГIалиасхIаба Разакъовас ва росабазул имамзабаз.

БОЛЪИХЪ

Районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад Къурбановги муфтияталъул рухIияб лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев ГIабдула Герейхановги дандчIвана менталияб арифметикаялъул рахъалъ Казаналда ва Грозныялда тIоритIарал олимпиадабазда бергьарал лъималгун.

Гьелин абуни ккола 3 классалъул цIалдохъан МуртазагIалиева Асма ва МуртазагIалиев МухIаммад. Асмаца ккуна тIоцебесеб бакI ва яхъана супер-чемпионкалъун. МухIаммад мустахIикълъана кIиабилеб бакIалъе.

ГIАХЬВАХЪ

Районалъул имамзабазул советалъул председатель Адам Закарьяев дандчIвана РОВДялъул нухмалъулев МахIач ГIумардибировгун. Данделъиялда гIахьаллъи гьабуна имамзабазул советалъул председателасул кумекчи Шамсудин Шамсудиновасги. Гьез бицана экстремизмалдегун терроризмалде данде къеркьеялъул мурадалда гьабулеб бугеб хIалтIул ва дандбана хадубккун гьабизесеб хIалтIул суалал.

ГУМБЕТ

ДРялъул муфтияталда тIобитIана бащдаб лъагIалие «Ас-салам» газета хъваялъул рахъалъ ккарал хIасилазул бицараб тадбир. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтиясул тIоцевесев заместитель ГIабдула Аджимолаевас, газеталъул бетIерав редакторасул заместитель МухIаммадрасул МухIаммадовас, муфтияталъул мугIрзулаб округалда вугев вакил МухIаммад Дибирдадаевас, Гумбет районалъул имамзабазул советалъул председатель Юнус НурмухIаммадовас ва цогидазги.

«Ас-саламалъе» подписка гьабиялъул рахъалъ тIоцебесеб бакI ва 30000 гъурущ щвана Гумбет районалъе. КIиабилеб бакIалъе мустахIикълъана ва 20000 гъурущ щвана Гъизляр районалъе, лъабабилеб бакI ва 10000 гъурущ щвана ЛъаратIа районалъе.

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


Аллагь ﷻ лъазе бокьани

Аллагь ﷻ лъалездасан вукIине ва шайтIаналдаса хвасарлъизеги бокьани, ункъо жо тезе ккола: иблис ва иблисалъе бокьараб, напс ва напсалъе бокьараб, гьава ва гьаваялъе бокьараб, дунял ва дунялалъе бокьараб.   Иблисалъе бокьана дур дин тIаса инабизе, мунгун цадахъ доб ЖужахIалда абадиялъ...


ЦIар кинаб лъелеб?

Гьабун анкьабилеб къоялъ лъимералда цIар тезе суннатаб буго. Реххараб лъимералда рухI лъун букIун батани, гьелдаги цIар тезе суннатаб буго. Реххараб лъимер васищ яги ясищали батIа бахъизе лъачIони, кIиязего бегьулеб цIар лъела, масала, ТIалхIат, ХIамзат, Майсарат гIадал. Реххараб лъимералда...


ХIалтIи лъикI букIине

Гьабулеб хIалтIи-пиша лъикI букIине (баракат) бокьарас тIадчIей гьабила щуго жоялда.   ХIалтIи сабаблъун Аллагьас ﷻ тIадкъарал жал нахърахъуге ва кIарчанлъиги гьабуге. Жиндир заманалда тIадкъарал жал тIурани, хайир батила. ХIалтIи сабаблъун Аллагьасул ﷻ махлукъат хIакъир гьабуге. Нилъер...


Кин цIуни гьабилеб?

Адамил лъимер битIараб нухдаса къосинабизе, квешаб гIамал гьабизе гьесизабизе кидаго хIаракат бахъула иблисалъ. Гьелдаса цIунизе инсанасе бищун кумек гьабула Аллагьасдаса ﷻ кумек тIалаб гьабиялъ.   Гьедин гьабейин Къуръаналда абулебги буго (магIна): «…рахIматалдаса бачахъараб...


Гьорхъохъеб дин

Ислам буго гьоркьохъеб ва бигьаяб дин. ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ хирияб Къуръаналда абуна: «Нижеца нуж умматлъун гьаруна гьоркьохъеб хIал ккураб», - ян («Бакъара» сурат, 143). Гьелъул магӀна ккола муъминчиясул нух хӀинкъиялдаги хьулалдаги гьоркьоб букӀине кколин...