Аслияб гьумералде

ЧIАРАДА

ЧIАРАДА

Дагьал церегIан къоязда ЦIулда росдал школалъул цIалдохъаби щвана МахIачхъалаялда, ГIиса аварагасул цIаралда балеб бугеб РухIияб централде.

РухIияб централъул хIалтIухъабаз гьезие гьабуна экскурсия, бицана центр балеб бугеб куцалъул хIакъалъулъ.

Гьелдаса хадуб цIалдохъаби щвана тахшагьаралъул централияб мажгиталде, муфтияталъул минаялде, Дагъистаналъул исламияб институталде, руччабазул лъай кьеялъул «Гьидаят» централде, «Россия – моя история» абураб тарихияб паркалде.

Гьеб сапаралда лъималазда цадахъ вукIана районалъул лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев ШагIбан ХIапизов ва росдал имам ГIабдурахIман МухIаммадов.

ШАМИЛ

ДРялъул муфтияталъул лигаялъе гIоло тIоритIарал волейболалъул рахъалъ къецалда гIахьаллъи гьабуна 12 командаялъ.

Командаби гIуцIун рукIана имамзабаздасан, лъай кьеялъул отделалъул хIалтIухъабаздасан, «Ассалам» газеталъул вакилзабаздасан, мугIрузулаб округалда бугеб «Инсан» фондалъул хIалтIухъабаздасан. Къецал халат рахъана кIигониги моцIалъ.

Къецалъул хIасилалда кубок щвана Шамил районалъе. Финалияб хIаялда дандчIвана Шамил ва ЛъаратIа районазул командаби.

Лъабабилеб бакIалъе мустахIикълъана, Унсоколо районалъул командаялда тIад бергьенлъи босараб, ГIахьвахъ районалъул команда. Бергьаразе ва призёразе кьуна медалал, грамотаби ва гIарцулал сайгъатал.

УНСОКОЛО

Мажгит рагьиялъул хIурматалда мажлис тIобитIана ГIашилтIа росулъ. Гьеб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна росдал имам МухIаммад ГIабдулахIидовас, Шамилхъала поселокалъул имам Шамил МухIаммадхIажиевас.

Данделъиялда ахIана мавлид, бицана мажгиталде хьвадиялъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Гьединго кIалъазе рахъараз насихIатал гьаруна гIолилазе, гьелги цIикIкIараб гIелги ахIана жидерго тIабигIат-гIамал лъикIлъизабиялда тIад хIалтIизе.

ЦIУМАДА

Районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIаммадов щвана Агъваливе ва дандчIвана росдал мажгиталда цебе хIалтIулеб бугеб мадрасалда цIалулел мутагIилзабигун. Гьединго имамас вагIза гьабуна рузманалде рачIарал росуцоязеги.

Гьелдаса хадуб А. МухIаммадов ва лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев М. ГIабдурашидов щвана Хуштада, ТIинди, Гьоркьгьаквари росабалъеги. Гьел дандчIвана росабазул имамзабигун ва жамагIатчагIигун.

ХЬАРГАБИ

Районалъул имамзабазул советалъул председатель Тажудин ГIабдулаевги, Хъвартихьуни росдал имам МухIаммадгIарип МухIаммадовги, районалда бугеб «Инсан» фондалъул нухмалъулев МухIаммадкамил Гъазиевги дандчIвана Хъвартихьуни росдал бегавул Асадула Пахрулисламовгун.

Гьез бицана цадахъ рекъон гьабизе бегьулел хIалтIабазул ва дандрана церечIарал суалал.

ХУНЗАХЪ

МахIачхъалаялда тIобитIана Мущули росулъа шагьаралда гIумру гьабун ругезул гIахьаллъигун данделъи.

Гьединго гьеб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна районалъул имамзабазул советалъул председатель МухIаммад ГьитIиновас, росдал бегавул АхIмад ИбнахIажаровас, росдал имам Акрим МуртазагIалиевас, районалъул гIолилазул цевехъан Сайпула Шамхаловас, БуцIра росдал имам СагIид ХIамзатовас, ГIарани росдал имам ХIадис МухIаммадовас ва гIемерал цогидазги.

КIалъазе рахъараз бицана щивав чи исламалъ бихьизабураб нухдасан хьвадизе ккеялъул, гьудуллъи-вацлъи цIуниялъул бугеб кIваралъул ва цоцазе кумек гьабизе ккеялъул хIакъалъулъ.

ЖамгIиябгун динияб лъай кьеялъул хIалтIулъ цебехъанлъи бихьизабуразе кьуна Баркалаялъул кагъталги.

ГЪИЗЛЯР

Муфтияталъул районалда бугеб лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев МахIмуд Хизриевги, шагьаралъул АТКялъул аппараталъул специалист Ангелина Витютневаги ва ПНДялъул ОМВДялъул нухмалъулевги дандчIвана №11 школалъул цIалдохъабигун.

Гьез бицана жакъа гIолеб гIелалда дандчIвалел захIмалъабазул ва гьелдаса рорчIиялъе гьабизе кколеб хIалтIул хIакъалъулъ. ГIолилал ахIана лъикI цIализеги, битIараб нухдасан инеги, гьаз-доз малъараб гIадахъ босилалде умумузда дандбазеги.

БОЛЪИХЪ

Болъихъ росдал микрорайоналда тIобитIана футбол бокьулезул лига къаялда хурхун тадбир.

Гьелда гIахьаллъи гьабуна районалъул бетIер Руслан ХIамзатовас, имамзабазул советалъул председатель АхIмад Къурбановас, лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев ГIабдулла Герейхановас, туризмалъул ва спорталъулгун физическияб культураялъул отделалъул нухмалъулев Руслан МуртазагIалиевас ва цогидазги.

Диниял хIаракатчагIаз бицана гьединал тадбирал тIоритIиялъул бугеб кIваралъул ва гьез гIолилал цолъизарулел рукIиналъул хIакъалъулъ. Районалъул бетIерас баркала загьир гьабуна спортсменазе, гьезие кьуна грамотабиги, медалалги ва цогидал сайгъаталги.

БАБАЮРТ

Муфтияталъул районалда бугеб лъай кьеялъул отделалъул хIаракаталдалъун Ново-Кара росдал спортивияб школалда тIобитIана гIолилазулгун данделъи.

Гьелда гIахьаллъи гьабуна спорталъул министрасул заместитель ХIайдарбек ХIайдарбековас, муфтиясул кумекчи Идрис Асадулаевас, районалъул бетIерасул заместитель Ильмидин ГIабдуразакъовас, муфтияталъул северияб округалда бугеб лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев Ирамдин Мугьажировас, районалъул имамзабазул советалъул председатель МухIаммадрасул МухIаммадовас, машгьурав гугарухъан КъурамухIаммад КъурамухIаммадовас ва цогидазги.

Данделъиялда кIалъазе рахъараз бицана гьудуллъивацлъи цIунизе кколеблъиялъул, спорталде кIвар кьезе тIадаб букIиналъул ва нилъеего бокьулареб чияеги гьабизе бегьулареблъиялъул хIакъалъулъ.

2026-08-01 (Сафар 1448 с.) №15.


Аварагасул ﷺ сира

Кинаб илагьияб хIикмат букIараб Аварагас ﷺ Макка рехун тезе ккеялъулъ?   Маккаялдаса Мадинаялде Аварагас ﷺ гьижра гьабиялъул хIикматаздасан ккола бусурбабазе дин загьир гьабизе цо шагьаралда яги улкаялда толеб гьечIони, гьезги дин цIунизе гIоло, ватIаналдаса цоги бакIалде гьижра гьабизе...


Шагьидзаби кIочон гьечIо

1935 соналъ ЧIикIаса Ацал ГIабдурахIманил хъизаналда гьавуна вас СагIид. Гьеб букIана ШагIбан бащалъараб Барааталъул сордо. Гьеб сордоялъ лъабго нухалъ хирияб "Ясенги" цIалун, ГIабдурахIаманица Аллагьасда гьарана жиндир вас гIалимчи вахъагиян. ТIадегIанав Аллагьас инсул дугIаялъе жаваб гьабуна....


Нужее баяналъе

  Аллагьас ﷻ тIоцеве витIарав расул щив? – НухI авараг. Гьев вугев заманалда щиб ккараб дунялалъе? – Дунял гъанкъана. Аварагзабазул рикIкIен рехсараб аят щиб? – Сура «ан-Ниса». Щиб сураялъулъ кIиго нухалъ басмала рехсараб? – Суратул...


ХIикматал махлукъатал

Квокка Квокка ккола унго-унголъунги гIажаибаб ва цIакъ хIикматаб хIайван. Гьелда абула «Ракьалда бищун талихIаб хIайваниланги». Гьаб ккола кенгуруялъул хъизамалдаса гьитIинабго хIайван. Гьелъул кIодолъи-гьитIинлъи буго гIага-шагарго рукъалъул катил гIадаб. Черхалъул халалъи: 40-54 см,...


Хирияв Аварагасул ﷺ шамаилал

Шамаил абураб рагIи хIалтIизабула Аварагасул ﷺ берцинал тIабигIатазул бицен гьабулеб мехалда. Гьединго, гьесул ﷺ гIумру ва ахIвал-хIал рехсолеб мехалдаги. Гьединлъидал Аварагасул ﷺ цо-цо ахIвал-хIалал рехселин.   Аварагасул ﷺ рас букIана берцинаб ва дагьабго кьурараб, цIакъго кьурараб ва...