ЧIарада

Районалъул имамзабазул советалъул председатель ГIузайр Давудов ва муфтияталъул районалда бугеб лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев ШагIбан ХIапизов щвана Хьинуб росулъе. Гьел дандчIвана росдал имам Шамил ХIусеновгун ва жамагIатгун. Щиб бакIалда ва кин гIумру гьабун ратаниги нилъ ккола жамгIияталъул цо бутIа.
Гьединлъидал нилъеца гIумруги гьабизе ккола жамагIаталда цадахъ, цоцазе кумекги гьабулаго, цоцазул хIалалги рохизарулаго. Аллагьас гьедин гьабизе нилъее ресги кьун буго. Гьединлъидал БетIергьанасе щукруги гьабулаго, нилъеца гIумру тIамизе ккола ТIадегIанас бихьизабураб нухдасан церехун унагоян бицана данделъиялда.
ШАМИЛ

Муфтияталъул лъай кьеялъул районалда бугеб отделалъул нухмалъулев МухIаммад Загьидов щвана Зивуриве ва дандчIвана росдал имам ГIалиасхIаб ХIажиевгунги школалъул цIалдохъабигунги. Гьениб М. Загьидовас бицана мацI сабаблъун кколел лъикIал гурел ишазул хIакъалъулъ ва киналго ахIана мацIалда хадуб хъаравуллъи чIезабизе.
Хирияв аварагасул хIадисалда буго: «Къиямасеб къоялъ бищун цIикIкIун мунагьал рукIине руго хIажат гьечIеб хабар бицунел чагIазул», - абун. Гьединлъидал нилъеца хIаракат бахъизе ккола лъикIаб бицине ва гьединаб хабар бицине бокьун батичIони руцIцIухIун чIезе.
ГЪИЗИЛЮРТ

ЦIияб ЧIикIаб росулъ тIобитIана гIемерав чияс гIахьаллъи гьабураб кIалбиччаялъул сордо. Гьелда гIахьаллъи гьабуна ЧIикIаб росдал имам Муслим ЯхIяевас, МахIачхъала шагьаралъул кIудияб мажгиталъул имам Ислам ХанмухIаммадовас ва цогидазги. Нашидал ахIана @nashidul_ islam, @gr.batlukh_official, @grup__ hayrat къокъабаз.
Гъизилюрт районалъул ва шагьаралъул имамзабазул советалъул председатель МухIаммадгIариф Сиражудиновас росдал жамагIаталъе ва гIолохъабазе баркала кьуна росулъ тIоритIулел тадбиразда кидаго хIаракатаб гIахьаллъи гьабулеб букIиналъухъ. Гьединго цогидал росдал вакилзабиги ахIана гьес гьездаса мисал босизе.
ХЬАРГАБИ
Рамазан моцIалъул хIурматалда ИпутIа росулъ тIобитIана, жамагIаталъул гIахьаллъигун, кIалбиччаялъул сордо.

Гьеб мажлисалда гIахьаллъи гьабуна районалъул имамзабазул советалъул председатель Тажудин ГIабдулаевас, муфтияталъул лъай кьеялъул районалда бугеб отделалъул нухмалъулев МухIаммад ГIабдулхIажиевас, КIикIуни росдал имам Къурбан Къурбановас. КIалъазе рахъараз бицана Рамазан моцIалъул хиралъиялъул, гьеб моцIалъ гьаризе лъикIал ишазул хIакъалъулъ ва киналго ахIана гьудуллъи-вацлъиялда гIумру тIамизе.
ЛАВАШИ

КъулецIма росдал школалда тIобитIана умумузул собрание. Гьоркьоб лъураб суалги букIана гIун бачIунеб гIелалъе битIараб тарбия кьей ва гьел хIажат гьечIел жалаздасаги ишаздасаги цIуни.
Данделъиялда гIахьаллъи гьабуна росдал имам АсхIабгIали Камиловас, муфтияталъул лъай кьеялъул районалда бугеб отделалъул нухмалъулев НурмухIаммад Къурбановас, районалъул ОМВДялъул ПДНалъул инспектор Х. ГIалишейховалъ, росдал депутатаз ва цогидазги. КIалъазе рахъараз бицана жакъа гIолилазда дандчIвалел ругел захIмалъабазул ва рихьизаруна гьелдаса рорчIиялъе ругел нухал.
ГЪУНИБ

Муфтияталъул лъай кьеялъул районалда бугеб отделалъул нухмалъулев ГIалиасхIаб Разакъов дандчIвана райадминистрациялъул лъай кьеялъул отделалъул начальник МухIаммад ГIалиевгун. Гьез бицана районалъул росабазул школазда цадахъ рекъон гьабизе бегьулеб хIалтIул хIакъалъулъ ва дандрана церечIарал суалал.
БОЛЪИХЪ
Районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад Къурбановасул нухмалъиялда гъоркь, АнсалтIа росдал мадрасалда тIобитIана росабазул имамзабазул собрание.

Гьелда гIахьаллъи гьабуна «Инсан» фондалъул ва «Ас-салам» газеталъул вакилзабазги. Гьениб бицана имамзабаз гьабизе кколеб хIалтIул, дандрана батIи-батIиял суалал. АхIмад Къурбановас абуна районалда «Ас-салам» газеталъул цIияв вакиллъун тIамулев вугин Ражаб ХIажиев ва гьанжелъизегIан гьеб хIалтIи гьабурав МухIаммад ГъазимухIаммадовасе кьуна баркала.
УНСОКОЛО

Шамилхъала поселокалда тIобитIана «Ас-салам» газеталъул хIалтIухъабазул данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна поселокалъул имам Шамил МухIаммадхIажиевас, поселокалда вугев газеталъул вакил МахIмуд-афанди ШихмухIаммадовас , динияв хIаракатчи МухIаммадрасул ГIумаровас ва цогидазги. Гьениб бицана газеталъул хIакъалъулъ, гьелъ тIуралел масъалабазул ва халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизабиялъул бугеб кIваралъул.
ГУМБЕТ

«БагIараб ЦIва» орденалъул кавалер МухтарахIмад КъурамухIаммадов ракIалде щвезавиялъул хIурматалда ЦIияб Аргъвани росулъ гIолилазда гьоркьоб тIобитIана эркенаб гугариялъул рахъалъ къецал. Гьеб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул лъай кьеялъул районалда бугеб отделалъул нухмалъулев МухIаммадрасул МухIаммадовасги. Гьес бицана гьединал тадбираз гIолилазул спорталде рокьи цIикIкIунин ва гьудуллъи-вацлъи щула гьабиялъе квербакъулин абун.