Аслияб гьумералде

ТIасаколоса МухIаммад ракIалде щвезавуна

ТIасаколоса МухIаммад ракIалде щвезавуна

Дагьал церегIан къоязда Шамил районалъул КъахIиб росдал администрациялде гьоркьобе унеб ТIасаколоб росдал жамагIаталъ МахIачхъалаялда тIобитIана гIолохъабазда гьоркьоб волейбол хIаялъул турнир. Гьеб гьабуна Загьидил ГIабдурахIман-хIажиясул вас МухIаммад ракIалде щвезавиялъул мурадалда.

МухIаммад вукIана жиндир заманалда кутакалда волейболалде рокьи бугев, кьерилазда гьоркьов бергьун гьеб хIалев вас. 2000-абилел соназ Хьаргаби районалъул Курми росулъ школа-интернаталда 10-абилеб классалда цIалулев МухIаммад, волейбол хIалаго торгIо кьабизе эхеде кIанцIаралъув Аллагьасул къадаралде щвана. Цадахъ цIалулев вукIарав МухIаммаднурица бицана гьев вукIанин кутакалда иман бугев вас.

Кидаго гьес гьитIиназул хIурматги чIахIиязул адабги гьабулаанин. ГIемерго исламалъул бичIчIи гьечIеб заман букIаниги, МухIаммадица как мажгиталде ун балаанин ва гьенив вукIарав имамасулгун бухьенги букIанин гьесул. Хадубги МухIаммаднурица бицана: «Цо нухалда мажгиталде щведал имамас нижее бицана устарасул хIакъалъулъ, ай щив гьев кколевали ва абуна кватIичIого жив СагIид-афандихъе ЧIикIаве ине вугин.

Гьеб къоялдаса нахъе МухIаммадил кутакаб гъира бахъана устарасухъе ине ва щибаб нухалъ имам вихьинщинахъе гьикъулебги букIана кида ине вугев, живги цадахъ вачине ккелин. Гьедин рачана имамас дунги МухIаммадги устарасухъе, ЧIикIаре. Амма МухIаммадица гьеб балъго гьабуна, хIатта рокъоб эбел-инсудаги лъазе тун батичIо.

Хун хадуб гьесул ретIел-хьиталда гьоркьоб, устарас тIарикъат гьабизе кколеб куц хъван кьураб тIамач батараб мехалъ бихьун гурони, гьезда гьеб лъан гьечIо», - ян. Турнир тIобитIиялъул аслияб мурад букIана МухIаммад ракIалде щвезави, жамагIаталъул гIолохъабазул сахлъи цIикIкIинаби, гIиси-наб гIел гьелде куцай, цоцазда гьоркьоб вацлъи щулалъи, лъарагIлъиялда ругезул цоцазугун жура-гъурай лъугьин.

Турниралда гIахьалли гьабуна ТIасаколоб жамагIаталдаса микьго командаялъ. ХIаязул гьарурал хIасилазда рекъон, цересел бакIал щвана «Гъоркьаколоб» командаялъе (3 бакI), гьезие кьуна гIарцулаб шапакъат, грамотаби ва медалал. КIиабилеб бакI щвана «ХIамакIалихъ» командаялъе. Гьезиеги кьуна гIарцулаб шапакъат, грамотаби ва медалал. Чемпионлъун бахъана «КIигIнихъ» команда. Гьезиеги кьуна гIарцулаб сайгъат, грамотаби, медалал ва кьуна щибаб соналъ бергьараб командаялъухъе кьезе бугеб кубок.

Турнир берцинаб къагIидалда нухда бачана ТIасаколоб росдал физкультураялъул учитель МухIаммад ГIабдураза-къовичас ва Дагъистаналъул тIасабищараб командаялда хIалев Гьолокьа МухIаммад (Куба)ГIалиевас.

Турниралда гIахьаллъи гьабурав Шамил районалъул бетIерасул заместитель Камил МухIаммадовас жиндирго рахъалдасанги кьуна бищун лъикI хIарав Жамалудинов ГIалихIмайилмухIаммадие, пас кьабурав МухIумаев МухIаммадгIарифие, пас рехарал ХирясухIмаев Салмание ва бищун кIудияв игрок абун хIарав Къурбанов Сулаймание кубокал. ЖамагIатчи МухIаммад Расуловас (Буйнакский) бергьараб камандаялъе гьабуна гIарцулаб сайгъат – 20 азарго гъурущ. Ленинкент поселокалда вугев Интернет E11co фирмаялъул представитель Шамилицаги абуна бергьараб командаялда хIаразе жиндир рахъалдаса цо моцIалъ гьеб чIобого гьабилин, гьечIезе рокъобеги бачилин.

Оргкомитеталъул рахъалдасан МухIаммадил вац АхIмадица баркалаялъул кагътал кьуна: жамагIаталъул активист ХIасанов МухIаммадие, физкультураялъул учитель МухIаммад ГIабдуразакъовичасе, МухIаммад ГIалиевасе ва жамагIатчагIи МухIаммадхIажи Сулеймановасегун МухIаммад Расуловасе. ГIабдурахIман-хIажиясул хъизамалъ турниралда гIахьаллъи гьабуразе чIезабун букIана къадеквен ва МухIаммадие бищун бокьулеб букIараб нигIмат абун рахьдал гьабураб шербет. Ахиралда кIалъазе вахъарав МухIаммадил эмен ГIабдурахIманхIажияс баркала загьир гьабуна турниралда гIахьаллъазе ва абуна хадусел соназги гьадинаб турнир тIобитIизе бугин.

МУХIАММАДГIАРИФ КЪУРБАНОВ

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Президентас ХасмухIаммадида баркана

Россиялъул президент Владимир Путиница баркана Дагъистаналъул хӀурматияв инсан, 95 сон тӀубарав ХасмухӀаммад Абубакаровасда гьавураб къо. Дагъистаналъул кӀудияв эменин абула гьесда гьев лъалел чагӀаз. Гьесул гӀумру буго къвакӀиялъул ва исламалъе хъулухъ гьабиялъул мисаллъун. Гьес гӀумру гьабуна...


Нужее баяналъе

Авараг гьавураб сон щиб сон букIараб? – Пилалъул сон. Пилалъул сон абун щай гьелда цIар тараб? – Гьеб соналъ Абрагьат аскаргун ва пилалги рачун КагIба биххизе вачIун вукIана. Аварагасе ﷺ кьураб бищун кIудияб мугIжизат щиб букIараб? – Къуръан. Муса аварагасул...


Сахаватав инсан

Нижер росулъа сахаватав инсан Чарандал вас ГIамиргIалица жиндирго инсул букIараб мина къачIазеги къачIан кьуна росдал мадрасалъе. Киналго росдал гIадамал кутакалда рохун ва разиго руго ГIамиргIалица гьабураб гьеб баракат цIикIкIараб ишалдаса. Гьанже рес рекъана мадрасаялда лъимал ва чIахIиял...


Авараг ﷺ лъай – гьев вокьи

Аллагьасул Аварагасде ﷺ бугеб рокьиялъ гьесул асхIабзабазул ракIазулъ хасаб бакI кколаан. Гьеб рокьи гьез загьир гьабулаан рагIудалъун ва пишабаздалъун гуребги Аварагасул ﷺ къадру цIунулел, гьесул лъикIлъаби рицунел, гьесул тIокIаб гIамал-хасият беццулел шигIрабаздалъунги.   АсхIабзабазда...


Къинал руччабазе малъа-хъваял

Лъимер гьабизе йигеб заман буго цIакъ кIвар бугеб гIуж. Гьеб заманалда, хасго чIужугIаданалъ, жиндирго сахлъи ва рацIцIалъи, кванил ва цогидалъулги низам цIунизе ккола. Гьединго халкквезе ккола тIад ретIунеб ратIлида хадубги. Лъимер ва жийго квачалдаса цIунизе ккола, тIадкъараб ретIел, угъдул...