Аслияб гьумералде

Россиялъул гIолохъанал гIалимзаби

Россиялъул гIолохъанал гIалимзаби

Гьал къоязда МахIачхъала шагьаралда, Му-хIаммадгIариф-афандиясул цIаралда бугеб Дагъистаналъул исламияб университеталда, тIобитIана «Россиялъул гIолохъанал гIалимал» абураб цIаралда гъоркь гIолилазда гьоркьор гIелмиял къецал. Лъай борциналъул бахIсалда рукIана шафигIиябгун хIанафияб фикъгьи, усулул фикъгьи, гIакъида лъазабулел.

 

ГIелмияб хIалбихьиялда гIахьаллъи гьабуна 25-гIанасев гIолилас. Дагъистаналдаса гуребги гьеб бахун къватIисаги вакилзаби рачIун рукIана гьенире.

ХIалуцарал къецазул хIасилалда финалалде ворчIана микьго тIалиб. Гьезул тIоцебесеб бакI ккурасе бихьизабун букIана Chevrolet Monza абураб машина.  

ГIелмиял бахIсазул хIасил гьабулеб мажлис берцин гьабуна Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандияс гIахьаллъи гьабиялдалъун. Данделъиялда гIахьаллъи гьабуна Башкортостаналъул, Новосибирск областалъул муфтиязгун цогидалги регионазул диниял церехъабаз. Гьебго мажлисалда вукIана Бичасул аварагасул ﷺ наслуялъул гIалим ХIабиб ХIусейн Ас-Сакъаф, дунялалъулго диниял хIаракатазул советалъул секретарь МухIаммад Джума ал-Бишарий.

Мажлисалда кIалъана Башкортостаналъул муфти, Дагъистаналъул муфтиясул наибзаби ва гьалбал.

Мажлисалъул ахиралда кIалъазе вахъарав Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандияс тасаввуфалъул бицунаго абуна, тIарикъаталъул гIадамал кколин чорхолъ ругел рухIиял унтаби сах гьариялда тIад хIалтIулел ругел гIадамалин абун. КIудияб баркала загьир гьабуна тIаде рачIарал гьалбадерие. ТIоцебесеб бакI ккурав гIолохъанав гIалим, МухIаммадгIариф-афандиясул цIаралда бугеб Дагъистаналъул исламияб университеталъул тIалиб МухIаммадзакир Идрисовасе сайгъат гьабуна машинаги. 

КIиабилеб бакIалъе мустахIикълъана гьебго университеталъул тIалиб Шамил Багъатаров. Лъабабилеб бакIалде вачIана ДИУялъул аспирант АхIмад ГIисахIажиев. Ункъабилеб бакI босана Гъизилюрталда бугеб ДИУялъул филиалалъул тIалиб Шамил Батирмирзаевас. Щуабилеб бакIалъе мустахIикълъана Унсоколо росулъ бугеб ДИУялъул филиалалъул тIалиб Сайпудинов МухIаммад. Анлъабилеб бакI ккуна Хасавюрт шагьаралда, СагIибдег Даитовасул цIаралда бугеб, исламияб университеталъул тIалиб ГIабдуллагь Билаловас. Анкьабилеб бакI – Хасавюрталда, А. Юсуповасул цIаралда бугеб мадрасалъул тIалибасе щвана. Микьабилеб бакIалде вачIана гьебго мадрасалдаса АбутIалиб Батирмизаев.

 

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

 

 

 

 

 

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...