Аслияб гьумералде

Финалистка кIодо гьаюна

Финалистка кIодо гьаюна

Унсоколо росулъ тIобитIараб тадбиралда кIодо гьаюна «Основы религии и жизнеописание Пророка Мухаммада » абураб тIехьалда тIасан тIобитIараб конкурсалда финалалде йорчIарай ХIалимат МухIаммадова.

Муфтияталъул хIаракаталдалъун тIобитIараб республикаялъулаб гьеб конкурсалда гIахьаллъи гьабуна микьазаргоялдасаги цIикIкIун чияс. Унсоколоса ХIалимат МухIаммадовалъин абуни гьениб ккуна кIиабилеб бакI.

Рехсараб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил МухIаммад Дибирдадаевас ва районалъул имамзабазул советалъул председатель ХIасан МухIаммадовас.

Гьединго гIахьаллъана росдал бегавул ХIабиб ГIабдулаев, муфтияталъул районалда бугеб лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев МухIаммадсултан ГIабдулаев, росдал имам АхIмад ДахIадаев, «АсСалам» казияталъул вакил ГIабдула АхIмадинов ва «Инсан» фондалъул нухмалъулев МухIаммад МухIаммадов.

КIалъазе рахъараз бицана гьединал къецал тIоритIиялъул бугеб кIваралъул ва щивав чи ахIана аварагасул гIумру лъазабиялде кIвар кьезе. Данделъиялъул ахиралда росдал жамагIаталъул рахъалдасан ХIалиматие кьуна къиматал сайгъаталги.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...