Аслияб гьумералде

Балъгояб гIелму

Балъгояб гIелму

ИхIсаналда ва тасаввуфалда тIасан камуларо кIалъай гьабулел чагIи. Гьайгьай, цереги рукIана гьел, жакъаги руго. Амма ихIсаналъе, тасаввуфалъе Фахруддин Разияс лъикIаб баян кьун буго жиндирго тафсиралда, сура «ФатихIа» баян гьабулеб бакIалда.

 

«ИхIсан абула дуца дурго БетIергьанасе лагълъи гьабиялда, дуда Гьев вихьулев гIадин. Дуда Гьев вихьичIониги Гьесда мун вихьулев вугелъул. ИхIсан ккола тасаввуф». («ФатхIул Мубин»)

«Аллагьасде хьул лъейги, Гьесдаса хIинкъиги рекIелъ бижизабулеб, Гьесдехун рокьиги цIикIкIинабулеб гIелму тIадаб букIиналда исламалъул тIолалго гIалимзаби тIад рекъана. Исламалъул гIемерисел гIалимзабаз гьеб гIелмуялда тасаввуфилан абула. Цо-цо гIалимзабаз гьелда ихIсаниланги абула». («Фикъгьу ссират»)

«Тасаввуф-тIарикъат - щаклъи гьечIо гьеб ихIсаналъул макъам букIиналда, гьебги Аллагьасдаса рещтIараб диналъул лъабабго бутIаялъул цо бутIа ккола». («Ал-Интисар» МухIаммад Сидикъ аль-Гъимари)

КIудияв гIалим ва тарихчи ибну Халдуницаги лъикIаб къимат кьолеб буго тасаввуфалъе. («Мукъаддимат ибн Халдун»)

Гьаб цебе рехсаралдасан бихьула ихIсанги тасаввуфги цого жо букIин. ХIакъикъаталдаги Аллагь вихьулеб гIадин гIибадат гьабиялъул даражаялде инсан вахине ккани, квешал хасиятаздаса ракI бацIцIад гьабизе, лъикIал хасиятаздалъун ракI берцин гьабизе ккола, Аллагь гIемер рехсон, Аллагьасда ракI хурхинабун, хIузур даим гьабун, Гьев вокьи цIикIкIинабун ракI къачIалеб, рухIияб тарбия кьолеб батIинаб гIелму ккола тасаввуф. Гьедин ракI къачIан хадуб гурони, Аллагь вихьулев гIадин Аллагьасе лагълъи гьабиялде инсан щоларо.

Тасаввуфалъул имамзабаз гIадамал ахIула Къуръан-хIадисалдаса, исламияб шаригIатал-даса бахъараб жо гьабунгутIиялде.

Масала, Жунайдул Багъдадияс абуна: «Аллагьасде унел киналго нухал къарал руго. Аварагасул ﷺ лъалкIдасан арал, гьесул суннаталда нахърилълъарал гIадамазе хутIун», - абун.

Зуннунил Мисрияс абуна: «Аллагь вокьиялъул гIаламатаздасан ккола Аварагасул ﷺ ишаздаги, хасиятаздаги, рагIабаздаги, суннаталдаги нухърилълъин», - абун.

Сарию ас-СакъатIияс абуна: «Суфияв вукIине ккола варагIалъул нурги свинабуларев, загьираб Къуръан-хIадисалда данде кколареб балъгояб гIелмуялдалъунги кIалъаларев, жиндир караматаздалъун Аллагьас кьурал хIарам гьарурал жалги гьабуларев», - абун.

Бишрул ХIафияс бицана Аллагьасул Расулас ﷺ макьилъ жинда абунин: «Аллагьас мун дур кьерилаздаса тIокI гьавуна, дир суннаталда мун нахъвилълъин сабаблъун», - ан.

Абу Сулайман ад-Дараниясги абуна: «Дир ракIалъе цо хIикматаб жо бачIани, дица гьеб къабул гьабуларо, кIиго жоялъ нугIлъи гьабун хадуб гурого, ай Къуръаналъги хIадисалъги», - ян. 

Абу ХIафс аль-ХIаддадица абуна: «Жиндир рагIабиги, ишалги, хIалалги Къуръан-хIадисалъул цIадирабазда лъоларев чи камилал гIадамаздасан рикIкIунаро», - ян. 

Абул ХIасан ан-Нурияс абуна: «Цояс абуни жиндир Аллагьасда аскIоб хIал шаргIияб гIелмуялдаса эркен гьабураб бугин абун, гьев бидгIачи ккола, нуж гьесдаса цIуне».

Абу ХIамзат аль-Багъдадияс абуна: «Аллагьасде ине нух малъулеб жо гьечIо МухIаммад Аварагасда ﷺ нахъвилълъин гурого, киналго рагIабазулъги, пишабазулъги, хIалазулъги», - ян. 

Мамшад Динурияс абуна: «Муридасул адабаздасан ккола шаргIиял адабал хIалтIизарулевлъун вукIин».

ГIабдулкъадир Жиланияс абуна: «ШаригIаталъ тасдикъ гьабулареб хIакъикъат зиндикълъи ккола», - ян. Зиндикъилан абула тIаса бусурбанав, жаниса капурав чиясда. Гьединго гьев мубаракас абуна: «Мун Аллагьасухъе воржа Къуръаналъулги хIадисалъулги кIиябго кваркьиялдалъун», - ян. 

АхIмад Зарукъияс абуна: «Суннатаздалъун жив загьирлъуларев шайихасул аза-азар карамат бихьаниги гьесда нахърилълъине бегьуларо», - ян.

Ибрагьим Насрабазияс абуна: «Суфизмалъул аслуго Къуръан-хIадисалда тIадчIей гьабиги гьава-напс рикIкIад гьабиги ккола», - ян.

МухIаммад Накъшубандияс абуна: «Гьаб нижер нух МухIаммад Аварагасул ﷺ суннаталдаги асхIабзабазул, табигIиназул асараздаги нахърилълъиналда бухьараб буго», - ян.

 

ХIажи МухIаммадов

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

Сапар буго инсанасул гIумруялъул цо бутIа. Муъминзабазе гьеб ккола Аварагасдаса ﷺ мисал босун ТIадегIанав БетIергьанасде ﷻ гIагарлъизе рес щвейги. Нилъер Аварагас ﷺ нухда кинаб хьвада-чIвади букIине кколебали малъа-хъваял гьари гуребги, жиндирго мисалалдалъунги бихьизабуна сапаралда ругелъул...


Ракьулъ бижулеб гIурдахIан

Камъат (гIараб мацIалда факъгI абунги лъала, гIурус мацIалда трюфель) ккола ракьулъ бижулеб кваназе бегьулеб гIурдахIан. Хасго гьеб гIемер батула ГIагараб Машрикъалъул ва Шималияб Африкаялъул авлахъазул гIатIилъабазда, гьениб гьеб загьирлъула цIад бан хадуб. Гьеб гIажаибаб ракьалъул нигIматалъе...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Якьадги росги   Дир якьадалъе бокьун букIана жиндирго квартира къачIан лъугIизабизе ва гьелъ нижеда гьарана кумек. Дир росас, дидаги гьикъичIого, хIажатаб гIарац къарзалъ кьуна. ЛъагIел ана ва гьеб гIарац нахъбуссинабизе гIедегIунев чиги гьечIо. Дир рос нечола ракIалде щвезабизе ва дида...


КIудиял мунагьал

МацIихъанлъи гьаби ккола цо чияс абураб жо цогидасда бицин, гьелъ жинда бицарав чиясул жиндаса бицарав чиясдехун дагьабниги рокьукълъи, ракIхвей бижизабулеб бугони. Къуръаналда мацIихъан какун вуго. ХIадисалдаги буго мацIихъан Алжаналде лъугьинарин абун.   Гьел ккола Аллагьасул бищун ццим...


Суал-жаваб

Хабалъ ракIгъеялъул как кин балеб? ШафигIияб мазгьабалъул кIудияв гIалим Сайид МухIаммад Журданияс «ФатхIул ГIаллам» абураб тIехьалда хъван буго: «Гьел суннатал каказдасан ккола хабалъ ракIгъезабиялъул какги. Аварагас ﷺ абун буго: «Хварасе тIоцебесеб сордоялдаса захIматаб...