Аслияб гьумералде

Экстремизмалъул балагь

Экстремизмалъул балагь

Советияб улка биххун хадуб, эркенлъи щвеялдаго цадахъ, Россиялде бачIана экстремизмалъул балагьги. Щибха гьеб кколеб? Гьеб буго ракълилал гIадамазул рахIатхвезаби, пачалихъалъе хIинкъи букIинаби, гIадамазда гьоркьоб рикьи ккезаби, халкъ кьалде ахIи.

Дагъистаналда экстремизм загьирлъана диниял ахIкамазда нахъаги рахчун, бацIцIадаб дин босун рачIунел ругин жал абун, цогидал гIадамал ракьалдаса тIагIинаруниги бегьулин абураб ахIиялда гъоркь. КIиго нухалъ хIалбихьана чачаназул ракьалдаса Дагъистаналдеги рачIун гьанибги бихха-хочи тIибитIизабизе.

Гьайгьай дагъистаниязда хехго бичIчIана гьезул битIараб гуреб пикру ва магIал гIадин чIана жидерго ватIанги динги цIунун. КигIан-кин бугониги гьацIулъ хIеги, хIанилъ расги камуларин аби бугелъул, гьез бачIунеб букIараб «битIараб шаригIат» бокьаралги камун рукIун ратиларо. Гьелъие гIиллалъунги ккола исламияб лъай гьезул гъваридаб букIунгутIи. Гуребани гьезда лъазе букIана чIегIералдаса хъахIаб батIа бахъизе ва битIараб нух тIаса бищизе.

Рецц Аллагьасе, нилъеда гьеб нух бихьизабулел гIалимзабигун устарзаби гьарзаго Дагъистаналъе кьурал. Гьезулъ букIараб гIелмудул баракаталъ цIунана Дагъистан экстремистазул хъамалчилъиялдаса. Бусурбаби гурел гIадамазул бетIерлъиялда гъоркь рукIине бегьуларин, Дагъистан Россиялдаса батIалъизе кколин абун халкъ гъоркье рехизе къваригIаралги рукIана гьелго экстремистазул цо бутIа.

Гьединал ахIиязда гъоркь жидерго дунявиял мурадал тIурай букIана гьезул къасдаллъун. Дин гьабизе щибго квалквал гьечIеб бакIалдаса кирего ратIалъизе кколарин жаваб кьуна гIалимзабаз гьезиеги. Тахо-Годил цIаралда бугеб педагогикаялъул ДНИИялъул аслияв хIалтIухъан А. Р. ИсмагIиловас хъвалеб буго:

«Эсктремизм баккиялъе бищунго кIудияб гIилла буго политикаялъулгун экономикаялъул кверщелалда сверун бугеб къец. Цоги гIиллалъун ккола, исламалъул гIиси-бикъиналцин ахIкамал цо-цоязда лъангутIи. Вагьабизм бакканщинаб бакIалда ккана би гIодобе тIурал тунка-гIусиял. Гьелде данде рагъ базе рес буго гIицIго халкъалъул динияб лъай борхизабиялдалъун», - ян.
Бусурбанчи вукIине рекъола сунцаниги жиндир гIакълугун пикру хисизабуларев..

Дагъистаналда руго батIибатIиял миллатал. Нилъер, ай бусурбабазул тIадаб иш буго гьел киназдаго хIалги рекъезабун, ракълилаб гIумруялда рукIин. Миллатазда гьоркьоб бугеб батIалъи кьочIоеги босун, гIадамазда гьоркьоб рикьи гьабиги ккола экстремизм. Нилъеда, ай бусурбабазда лъазе ккола нилъер гуреб миллаталъул гIадамалги Аллагьас рижарал, Гьесул махлукъал рукIин. ТIомол кьер, вижараб ракь, лагасан ва миллат халгьабун гIадамал ратIа гьари исламалъул нух гуро. Аллагьасукьа хIинкъиялдалъун гурони цониги чиясул цогидасда тIад тIокIлъи гьечIо.

Ракълилаб заманалда цогидал диназул гIадамазулгунги цIунизе тIадаб буго лъикIаб гьоркьоблъи. Гьедин гьечIони дагIба-къецалде рачIуна. Гьелъги рагъ-кьалалде тIамула. Бусурбанчи вукIине рекъола сунцаниги жиндир гIакълугун пикру хисизабуларев, цогидал гIадамазе, кинаб миллаталъул ва кинаб диналъул гьел ратаниги лъикIлъи гурони бахунаревлъун.

Амма гьелъул гIаксалда хIалтIарав чи питнаялде ккечIого хутIи цIакъ къанагIатаб иш буго. Рагъалъ вас гьавуларин буго нилъер умумузул абиги. РачIа киналго рекъон, исламалъул берцинлъи нилъеда сверухъ ругезда бихьизабилин.

ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


Камиллъарав авараг

Нилъее мисаллъун ва шаригIат малъизелъун Аллагьас ﷻ витIарав чи вуго хирияв МухIаммад авараг ﷺ. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «Аллагьасул расуласда буго нужее, я муъминзаби, берцинаб нахърилълъин…». (Сура «ал-АхIзаб», аят 21).   Нужеца...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Лъимер хьихьизе бачине бокьун буго     Дир йикIана яс. Гьей унтана ва къадаралда щвана. Гьеб ками цIакъго захIмалъана. Лъимер гьабулеб ригьалда гьанже дун гьечIо, амма лъимер хьихьизе бачине бокьун буго. Аллагьасда ﷻ цебе гьеб лъимер дирлъун лъугьунищ?   Ш.,...


ЦIар кинаб лъелеб?

Гьабун анкьабилеб къоялъ лъимералда цIар тезе суннатаб буго. Реххараб лъимералда рухI лъун букIун батани, гьелдаги цIар тезе суннатаб буго. Реххараб лъимер васищ яги ясищали батIа бахъизе лъачIони, кIиязего бегьулеб цIар лъела, масала, ТIалхIат, ХIамзат, Майсарат гIадал. Реххараб лъимералда...


Минскалда тIобитIана халкъазда гьоркьосеб форум

Беларусь Республикаялъул тахшагьар Минскалда тӀобитӀана «Механизмы укрепления межкультурного взаимодействия и духовно-нравственных ценностей на международной арене» абураб цIаралда гъоркь халкъазда гьоркьосеб форум. Исламияб маданияталъул, гӀелмуялъул ва лъай кьеялъул фондалъул...


Аварагасул ﷺ гIумру щай лъазабилеб?

Аварагасул ﷺ бицунелъул гIенеккун ругеб мехалда нилъер къасд букIине бегьуларо гIицIго харбихъ гIенеккун ругеб гIадинаб. Ниятгун къасд букIине ккола Аварагасул ﷺ хIакъалъулъ рехсолел сипатаздалъун нилъее лазат щвей, ай гIишкъуялда гIенекки ва гьеб рекIелъе биччай. Аварагасул ﷺ бицунаго нилъ гьесде...