Аслияб гьумералде

Дагъистаналъул бетIерас муфтиясда баркана

Дагъистаналъул бетIерас муфтиясда баркана

ДРялъул бетIер Сергей Меликовас Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандида ва тIолалго бусурбабазда баркана рабигIул аввал моцI тIаде щвей.

«Гьаб хирияб моцIалъ гьавуна, нилъеца киназго мисал босулев, тIолалго халкъал битIараб нухде ахIарав МухIаммад авараг ﷺ. ГIемермиллатазулаб Дагъистаналъул халкъалъ цIакъ къимат гьабула диналъул, хIаракат бахъула Аварагас ﷺ бихьизабураб нухдасан хьвадизе, халкъазда гьоркьоб лъикIлъи ва рекъел букIинабизе. РакI-ракIалъ гьарула дуе ва бусурбабазе сахаб гIумру, гьарулел ишазулъ баракат ва лъикIабщинаб», - ян хъвалеб буго баркиялда.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...