Аслияб гьумералде

Жакъасеб къоялъул бахIарзал

Жакъасеб къоялъул бахIарзал 

Жакъасеб къоялъул бахIарзал

Гъоркьа Жунгуталда минаялда рекIараб цIаялъул хIасилалда гIумруялдаса ратIалъана эбелги гьелъул лъабго лъимерги. КIудияв васин абуни вуго захIматаб хIалалда. Гьеб заманалда эмен рокъов вукIун гьечIо.

Минаялда цIа рекIун букIин бихьидал, мадугьал Закир Исрапилов, жиндиего бугеб хIинкъиялъухъги балагьичIого, кIанцIана бухIулеб бугеб рокъове ва къватIиве вачана лъабго чи.

Гьеле гьев бахIарчигун дандчIвана ДРялъул муфти, шайих АхIмад-афандиги ва гьес баркала загьир гьабуна бихьизабураб бахIарчилъиялъухъ.

Гьеб хъизамалъе кумек гьабиялъул мурадалда «Инсан» фондалъ бакIарана 6 миллионгун 150 азарго гъурущ гIарацги.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...