Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ хIакъалъулъ

Аварагасул ﷺ хIакъалъулъ

Аварагасул ﷺ хIакъалъулъ

Исраъгун МигIражалъул хIакъалъулъ бицараб, машгьурав гIалим Сайид-МухӀаммад аль-ХIасан ГIалавица хъвараб «Ночное путешествие и восхождение лучшего из людей» абураб тIехь къватIибе биччан буго ДРялъул муфтияталъул гIелмияб отделалъ.

Авторас тIехьалда мухӀканго рагьулеб буго гьеб лъугьа-бахъиналъул рухӀияб магӀна, гьелъул иман щула гьабулел ва ракӀал Аллагьасул Расуласде ﷺ рокьиялъ цӀезарулел караматал ва балъголъаби.

Къуръаналъул аятаздасан, кьучӀал хӀадисаздасан, гӀалимзабазул асараздасан пайдаги босун, тӀехьалда гъваридго баян гьабулеб буго бусурбабазул жамгӀияталъе Исраъгун МигӀражалъул бугеб кӀвар ва цоги нухалда такрар гьабулеб буго Аварагасул ﷺ кӀодолъи.

Дагъистаналъул муфтияталъ хӀадурараб гьеб асаралъул мурад буго гӀакълу канлъизаби, напс бацӀцӀад гьаби, щивав муъминчиясда Аллагьасул Расуласдехун ﷺ бугеб рокьиялдалъун Аллагьасде гӀагарлъи ракӀалде щвезаби.

ТӀехь босизе бегьула исламалъул тӀахьазул тукабаздаса.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...