Аслияб гьумералде

Муфти дандчIвана ДРялъул бетIергун

Муфти дандчIвана ДРялъул бетIергун

Дагъистаналъул бетIер Сергей Меликов дандчIвана миллиял ишазул рахъалъ федералияб агентствоялъул нухмалъулев Игорь Бариновгун. Гьеб дандчIваялда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул муфти, шайих АхIмад-афандицаги.

Гьез рорхана диназда гьоркьосел суалал ва тIадчIей гьабуна церегIанго къояз аэропорталда ккарал лъугьа-бахъиназда. Гьениб бицана Дагъистаналда диназда гьоркьоб кинаб бугониги дандеккей гьечIолъиялъул ва щибаб миллаталъул культурияб рахъ цебетIезабиялде кьолеб кIваралъул хIакъалъулъ.

Гьединго данделъиялда бицана МахIачхъалаялъулгун Каспийскиялъул гьоркьоб бакIалда балеб бугеб РухIияб централъулги хIакъалъулъ. Лъалеб букIахъе, гьеб базе байбихьана, муфтияталъул квербакъиялдалъун, 2015 соналда. Гьеб бакIалъ ккола 30 гектар ракьул ва гьелда гьоркьоб 25 гектаралда буго парк. Гьеб кинабгоги балеб буго халкъалъул кумекалдалъун.

Дагъистаналъул муфтияс бицухъе, гьабсагIаталдаги тIадран унел руго хIалтIаби ва 2024 соналда лъугIизе ккола аслиял хIалтIаби гьарун.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...