Аслияб гьумералде

Муфтияталъул хIалтIухъабазул данделъи

Муфтияталъул хIалтIухъабазул данделъи

Муфтияталъул хIалтIухъабазул данделъи

Республикаялъул муфтияталъул хIалтIу-хъабазул данделъи тIобитIана дагьал церегIан къоязда. Гьениб бицана щибаб отделалъ гьабулеб ва гьабизе кколеб хIалтIул хIакъалъулъ.

Данделъиялда гIа-хьаллъи гьабурав ДРялъул муфти, шайих АхIмад-афандица щивасе малъа-хъваял гьаруна ва абуна халкъалъулгун гьабулеб хIалтIуде жеги цIикIкIун кIвар кьезе ккелин абун.  

Аслияб кIвар буссинабуна фетвабазул ва маслихIат гьабиялъул отделазда хиса-басиял гьариялде. Гьединаб иш гьабиялъе гIиллалъунги рехсана гьезул хIалтIи жеги щвалде щвараблъун гьабизе кколеб букIин.

КIиябго отделги цолъизабун гIуцIараб отделалъ щибаб къойилаб хIалтIи гьабизе буго Дагъистаналъул ункъабго округалъул вакилзабаз ва гьебги гьабизе буго исламиял гIелмабазул докторзабазул нухмалъиялда гъоркь.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...