Аслияб гьумералде

Каспийскиялда - цIияб мажгит

Каспийскиялда - цIияб мажгит

Каспийск шагьаралъул «Восход» абураб дачабазул обществоялда рагьана цIияб мажгит.

Гьениб буго руччабазегун бихьиназе батIа-батIаго какие чуризе бакIал ва чIезарун руго киналго шартIал. Гьединго кватIичIого мажгиталда кьезе руго исламияб дин лъазабиялъе дарсалги.

Мажгит рагьиялъул тадбиралда гIахьаллъи гьабуна Каспийск шагьаралъул имамзабазул советалъул председатель Мурад ИсмагIиловас ва гIемерал гIалимзабазгун диниял хIаракатчагIаз.

2025-04-01 (Шаввал 1446 с.) №7.


ЛъикI щвараб, Рамазан

Аварагасул ﷺ рагIабаздаса нилъеда лъала Рамазан моцI байбихьиялдалъун вохарав чиясе мунагьал чуриялъул къагIидаялда ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ рахъалдасан кири щолеблъи. Гьединго нилъеда лъала гьеб моцIалъ лъимал-хъизамазе байрамалъулаб ахIвал-хIал гIуцIизе ва гьел рохизаризе лъикIаб...


Камилаб хIежгун гIумраялъул даража

ХIурматиял бусурбаби. БетIергьан Аллагьас нилъее гIемерал ресал кьун руго гIибадат гьабизе. Нилъее щолеб кири цIикIкIине букIинелъун рихьизарун руго хириял гIужал ва бакIал. ГIужалги ккола - ражаб, шагIбан ва рамазан, мухIаррамалъул тIоцебесеб анцIго къо, рузман сордогун гIидалъул сардал. Хириял...


Къо-лъикI, Рамазан

Рамазан моцIалде щвезегIан тIубараб соналъ нилъеца гIумру гьабула гIадатияб къагIидаялъ. Амма Рамазан моцI байбихьарабго нилъ гIодоре риччала ва щибаб къойил ругел ургъалабаздаса кIванагIан рикIкIад гьаризе хIаракат бахъула.   Рамазан ккола гIибадаталъул хасаб магIна бугеб моцI. КIал кквезе...


КIалбиччаялъул гIид

Хириял диналъул вацал ва яцал! Аллагьасе ﷻ рецц гьабун хIал хьоларого букIуна ракIалъул, Гьес ﷻ, нилъее хирияб гурхIел-рахIмуялъул, мунагьал чуриялъул ва рацIцIалъиялъул Рамазан моцIалда жаниб гIамал гьабизе рес кьуралъухъ.   Аллагьас ﷻ къабул гьареги гьал баракатал къояз ккуралщинал нилъер...


Дилим росулъ мажлис-ифтар

  Казбек районалъул Дилим росдал аслияб мажгиталда тIобитIана мажлис-ифтар. Гьелда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул муфтияталъул СТОялда вугев вакил МухIаммад Мукъошдибировас, Казбек районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмадрасул Качалаевас ва цогидазги. Мажлис рагьана Къуръан...