Аслияб гьумералде

КIалбиччаялъул гIид

КIалбиччаялъул гIид

КIалбиччаялъул гIид

Хириял диналъул вацал ва яцал! Аллагьасе ﷻ рецц гьабун хIал хьоларого букIуна ракIалъул, Гьес ﷻ, нилъее хирияб гурхIел-рахIмуялъул, мунагьал чуриялъул ва рацIцIалъиялъул Рамазан моцIалда жаниб гIамал гьабизе рес кьуралъухъ.

 

Аллагьас ﷻ къабул гьареги гьал баракатал къояз ккуралщинал нилъер кIалалги, рарал какалги, гьарурал лъикIал гIамалалги. Ва гIилла букIун жидер къасдал тIуразе кIвечIезе, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьезул ракIбацIцIадаб къасдалда рекъон кири кьеги, сахаватго Жиндирго ﷻ рахIму-цIобги гьабеги.

Гьарула гьаб хирияб моцIалъул баракат тIубараб соналъ нилъер ракIазулъ хутIагиян, гьеб нилъее къуваталъул, сабруялъул, гIакълуялъул цебехъанлъун лъугьине.

Аллагьас ﷻ цIунаги нилъги, нилъер лъималги, гIага-божаралги киналго къварилъабаздаса, балагьаздаса, дагIба-рагIиялдаса, квешлъиялдаса ва нилъер рукъзалги парахалъиялъ, хинлъиялъ, рекъелалъ цIезареги.

Биччанте гьаб байрам нилъее киназего лъугьине рухIияб рацIцIалъиялде, вацлъиялъул бухьенал щулалъиялде, гIадамазда гьоркьоб рекъел ва цоцада ричIчIиялде рачунеб нухда тIамулеб цIияб галилъун.

Биччанте гьелъ нилъ жеги цIикIкIун исламалъул насихIатазда хадур рилълъине, лъикIлъиялда, рахIму-цIобалда хьвадизе ругьун гьаризе.

Баркула нужеда КIалбиччаялъул гIид!

 

ХIурматгун ДРялъул муфти, шайих АхIмад-афанди

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...