Аслияб гьумералде

Къо-лъикI, Рамазан

Къо-лъикI, Рамазан

Къо-лъикI, Рамазан

Рамазан моцIалде щвезегIан тIубараб соналъ нилъеца гIумру гьабула гIадатияб къагIидаялъ. Амма Рамазан моцI байбихьарабго нилъ гIодоре риччала ва щибаб къойил ругел ургъалабаздаса кIванагIан рикIкIад гьаризе хIаракат бахъула.

 

Рамазан ккола гIибадаталъул хасаб магIна бугеб моцI. КIал кквезе ва таравихIал тIуразе ккани, къваригIуна цо хасаб рекIел хIал. Гьел гIибадатал тIуразе бигьаяб жо гуро, сабру ва щукру гьаби гьечIого.

Рамазан моцIалъ муъминчияс пикру гьабула жив щив кколевин абун. ТIадегIанав Аллагьасда ﷻ цебе кинаб хIал бугеб? Гьесул иман щиб? Гьеб ккола гIумруялда жаниб Аллагьасда ﷻ цебе дурго хIал лъикI гьабиялда тIад хIалтIулеб заман.

Рамазан моцIалда абизе бегьула хIакъикъаталъул моцIилан. Жиндирго загIиплъиялъухъ инсанас шайтIаналда гIайиб чIвазе бегьуларо, щайгурелъул, хIадисалда рекъон, шайтIаби рахсалги ран рухьун рукIуна гьеб моцIалъ. Жиндирго напсалда гурони гIайиб чIвазе бакI гьечIо.

Гьеб моцIалъ бихьизабулеб буго ТIадегIанав Аллагьасда ﷻ цебе гьесул бугеб даражаги хъулухъги. Киназго цого кIал ккола, амма цояс ракъиялъул ва кIал биччазе заман кидадай щвелебан пикру гьабула. КIиабилес пикру гьабула кIал кквей рухIалъе сахлъилъунги киндай гьабилебин абун.

Нилъецаго халгьабизе бегьула, цо-цоязе таравихIал рай цIакъ захIмалъула, цогидазе - чорхое ва рухIалъе рахIатлъун букIуна. Гьеб моцIалъгIаги Къуръан цIалицин цо-цоязда щибаб къойил гьарулел хIалтIабаз рес гьечIеблъун бихьула, цогидаз кинабго рехон тун балагьула Аллагьасул ﷻ рахъалдасан кири щвезе бокьараб рес.

Рамазан ккола гъваридго пикру гьабиялъул ва халгьабиялъул заман. Щивав муъминчияс жиндиего кьола суал: кин Рамазаналдаса къватIиве вахъине вугев - вукIаравго гIадинищ яги цIилъаравлъунищ абун. Щиб щвезе бугеб: свакищ яги гIамал-хасият лъикIлъийищ? Макьу гьечIел, рахIат хварал сардалищ яги динияб гъирайищ?

Рамазан моцIалъ нилъеца хIаракат бахъула кIалал кквеялдалъун, какал раялдалъун ва ракIбацIцIадаб гIибадаталдалъун нилъ Халикъасде ﷻ гIагарлъизе. Гьеб хирияб моцIалъ нилъее рес кьола нилъго чорхолги рухIиябги рахъалъ рацIцIад гьаризе, дунялалъул ургъалабаздаса эркенлъизе ва рухIиял къиматазда тIадчIей гьабизе.

Рамазаналъул бищунго кIудияб пайда ккола, гьелъ бусурбанчиясе рес кьолеб букIин Аллагьасулгун ﷻ бугеб гьоркьоблъиялъул цIидасан халгьабизе ва гьелъул цIияб бичIчIи щвезе.

Рамазан киназего цо буго, амма гьеб заманалдаса кинал дарсал росизе ругелали ва хадусеб гIумруялде щиб цадахъ босизе бугебали гIицIго живго чиясда бараб букIуна. Муъминчиясул гIибадат рамазан моцI лъугIиялдалъун къотIуларо. ТIадеги гьес жигар бахъула цогидаб Рамазан тIаде щвелалде жеги къвалал гурун, Аллагь ﷻ разияб гIамал гьабизе.

 

Жабир Мажидов

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Щай рахъунел?

Мавлид ахIулеб заманалда бусурбабазда гьоркьоб машгьураб гIадат буго, МухIаммад авараг ﷺ гьавураб лахIзаталъул ахIулелъул, киналго тIаде рахъунеб. Гьебги гьабула Аллагьасул Расул вокьиялъул, рохелалъул, гьесие гьабулеб адаб-хIурматалъул гIаламат хIисабалда.   Гьеб гIадат къабул гьабурал...


Нужее баяналъе

Авараг гьавураб сон щиб сон букIараб? – Пилалъул сон. Пилалъул сон абун щай гьелда цIар тараб? – Гьеб соналъ Абрагьат аскаргун ва пилалги рачун КагIба биххизе вачIун вукIана. Аварагасе ﷺ кьураб бищун кIудияб мугIжизат щиб букIараб? – Къуръан. Муса аварагасул...


Бусурбабазул тарихчи ва географ

ГIизудин ибну Шаддад ХӀалаби гьавуна Сириялъул ХIалеппоялда бугеб ХӀалаб шагьаралда, 1217 соналъул лъабабилеб зулхӀижа моцIалъ, гьижрияб 613 соналда. Тарихалъул ва географиялъул рахъалъ жиндирго хIалтIабазул кумекалдалъун ибну Шаддад вахъана жиндир гIасруялъул машгьурал тарихчагӀазул...


РакI чIаго гьабулеб

Гьаб заманалда гIемерисеб мехалда дунялалъул ишазда сверун лъугьун рукIиналъ нилъ лъугьунел руго аслияб иш кIочон толеллъун. Нилъер ракI буго черх чIаго гьабун би жиндасан сверулеблъун гуребги иманалъул ракIбацIцIалъиялъул унго-унгоял бусурбабазул хасияталъул бакI ва нилъ Халикъасда ﷻ хурхинарулеб...


Гъваридаб лъай

Гьале тIаде щвана цIалул заман. Киналго лъимал школаздеги, студентал цIалул идарабаздеги хьвадун байбихьула жидерго лъай цIикIкIинабизе. Исламалда лъай тIалаб гьабиялде кьола бищун цIикIкIун кIвар. Гьелде тIоритIел гьабулел аяталгун хIадисал гIемерал руго. Цересел номеразда гьелъул хIакъалъулъ...